Аслияб гьумералде

Жундулгун шайтIабаздаса цIунулеб

Жундулгун шайтIабаздаса цIунулеб

Къуръан буго Аллагьас I бусурбабазе Жиндир I гьоркьоса къотIи гьечIеб рахIматлъун рещтIараб ТIехь. РахIматлъун кин букIинареб, жиб цIалиялдалъун кири хIасуллъи гуреб, гьеб бугелъул буголъиялда баракат лъей, тIаде рачIунел балагь-къварилъабаздаса цIуни ва Живго Аллагьасул I калам. Къуръаналда руго цо-цо сураби ва аятал жиделъ кIудиял хаслъаби ругел. Гьединазул цояздасан ккола «аятул Курси».

Гьеб аяталда абула Къуръаналда ругезул бищун хириябиланги.  Баянаб къагIидаялда лъалеб батичIониги, гьеб аят ва гьелъул тIадегIанлъи къимат лъаларел бусурбаби рукIунел ратиларо. Гьеб цIалулесда живго ва рукъ-бакI цIунизе кIола шайтIабигун жиназдаса.

ГIали-асхIабас абун буго жинда вичIизе кIоларила вегизе вахунелъул «аятул Курси» цIалуларев чи. Гьезда лъалеб букIарабани гьеб аяталъул даража ва кинаб кIодолъи гьелъулъ бугебали, гьез киданиги тIаса-масалъи гьабилароанила гьеб цIалиялъулъ.

Къуръаналъул бищун хирияб, бищун къиматаб, бищун кири цIикIкIараб аят ккола гьеб. Гьелъул хиралъаби рикIкIине нилъеда хIалги кIоларо.

Абу-Зар ал-Гъифариясдасан бицун буго, цо къоялъ Маккаялъул мажгиталде унев вукIаго дида гьенив ватанила Бичасул I авараг r живго цохIо гIодовчIун. Жинца, аскIов гIодовги чIун, гьесда r цIеханила рещтIарал аятазул кинаб бугебин дуца бищун лъикIаб, кIудияб, тIадегIанаблъун рикIкIунебилан абун. Аварагас r жаваб гьабунила гьединаб аятлъун рикIкIунин «аятул Курси» абун. Гьедин абулелъулги, дандекквей хIисабалда, аварагас r абун буго, анкьабго зоб Аллагьасул I ГIаршалда данде босидал, гIалахалде рехараб баргъич гIадаб жо бугин, гьедигIанаб батIалъи бугин Аллагьасул I Тахалдаги ГIаршалдаги гьоркьобилан абун.

Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Абу-Умамаца бицун буго, аварагас r абунин: «Паризаяб как бан хадуб «аятул Курси» цIаларав чиясе Алжаналде ккезе хвел тун батIияб жоялъ квалквал гьабиларо», - ян (Насаи).

«Аятул Курсиялда» хурхун къиса

Байбихьуда нилъеца бицен гьабун букIана гьеб аяталъ шайтIабигун жундуздаса цIунулин абун. Гьелъие баян гьабунги рехсела Абу-Гьурайратица цIогьор ккураб къиса. Гьев вукIун вуго закагIаталъе бакIарараб боцIи-мал цIунун. Гьениве вачIарав цIогьор кквезе щун вуго Абу-Гьурайратихъе, цинги гьев лъугьун вуго гьесда гьардезе жив виччайин, жинца дуда малъилин пайдаял рагIаби, Аллагьас I дуе жал пайдаяллъун гьаризе ругелилан абун. Абу-Гьурайрат разилъидал, цIогьорас гьесда малъун буго кьижилалде цебе «аятул Курси» цIализе ва абун буго рогьинегIан дуда аскIов вукIине вугин чи цIунулев малаик, цинги шайтIаналдаги кIвеларин сордо рогьинегIан дуда аскIобе къазе. Гьелъул хIакъалъулъ Бичасул I расуласда r бициндал, аварагас r ритIухъ гьабун буго гьес абураб, живго гьев чи гьересияв, ай инсанасул сураталда бачIараб шайтIан букIаниги. 

Рехсела цоги къиса. Убаю ибну КагIб вукIун вуго жиндирго чамасдакил нахърателги цIунун. Заман бахъанагIан гьениса чамасдак дагьлъулеб букIин бихьидал, хъаравуллъи ккола ва гьесда халлъула гьениве гIолохъанчи вачIунев. Гьевги лъалхъизавун, саламги кьун цIехола, мун инсанищ яги жинищ кколевилан абун. Гьес жин кколин абидал, Убаюца абула квер кьейин квашизе ва квер батула расулги цIураб, гьведул ратIаялда релълъараб. Гьес Убаюда абула жундузда лъанин дуца садакъа гьабулеб бугеблъи ва гьез дунги витIанин квен босизе. Гьеб мехалъ Убаюца цIехола, сунца гIадамал жиназдаса цIунулелин абун. Жаваб гьабун гьелъ абула: «Бакъарат» сураялдаса «аятул Курсиялъ» цIунула», - ян. Жеги абула, радал «аятул Курси» цIаларав чи къасимех щвезегIан жиназдаса цIунаравлъун вукIунин, къаси цIаларав - радалиде щвезегIан цIунаравлъун вукIунин абун.

Гьеб лъугьа-бахъин бициндалги аварагас r ритIухъ гьабуна гьеб. 

Гьединлъидал, хириял бусурбаби, радал-бакъанида гьеб аят цIализе хIаракат бахъизе ккела, нилъго цIунараллъун рукIине.

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...