Аслияб гьумералде

Сагьвиллъиялъул суждаялъе рихьизарурал сабабал

Сагьвиллъиялъул суждаялъе рихьизарурал сабабал

Сагьвиллъиялъул суждаялъе рихьизарурал сабабал

Сагьвиллъиялъул суждаялъе кIиго гIаммаб сабаб буго. ТIоцебесеб - какилъ жиб гьабизе тIалаб гьабулеб жо гьабичIого тей яги гьеб теялъулъ щаклъи ккей. Какилъ жиб гьабизе тIалаб гьабулеб жо рукну букIуна яги какилъ кIвар цIикIкIараб суннатаб жо букIуна, гьелдаги абула фикъгьиялъул гIалимзабаз БагIаз абун.

Нагагь какилъ рукну тани, цин гьеб рукну нахърегIизабизе тIалъула ва гьеб нахърегIизабулаго гьарурал тIокIал гIамалазе гIоло сагьвиллъиялъул сужда гьабизеги суннатлъулин абула гIалимзабаз. Тараб жо рукну бугеб мехалда, гьеб нахърегIизабидал сужда гьабизе суннатлъуларел бакIал руго тараб рукну ният яги как бухьиналъул «Аллагьу акбар» батани, гьеб кIиялдасаго цонигияб тараблъи ракIалде щвараб мехалъ как цIидасан бала ва суждаги гьабуларо. Гьединго тараб рукну салам бугони ва гьебги гьесда живго вугеб бакIалдаса вахъинчIого ва гьоркьоб гIемер заманги инчIого ракIалде щвани, гьес салам кьела ва суждаги гьабиларо. Гьоркьоб цIикIкIун заман индал гурони ракIалде щвечIони, гьес цIидасан как бала.

Какилъ БагIазал ккола: щибаб къоялъ рогьалил какдаги Рамазан моцIалъул кIиабилеб бащалъиялъулъги цIализе бихьизабураб - 1) «Къунут» (Магьдина) цIали; 2) гьелда хадуб Аварагасде ﷺ, гьесул агьлуялде ва асхIабзабазде свалат-салам битIи; 3) гьеб кIиялъего вахъунчIей; 4) кIигоялдаса цIикIкIарал ракагIатазул каказулъ цебесеб АттахIияту цIали; 5) гьелда хадуб хирияв Аварагасде ﷺ свалат битIи; 6) ахирисеб АттахIиятуялъулъ агьлуялде свалат битIи; 7) гьезие гIодов чIей.

Гьал рехсарал багIазазул цонигияб тани, бокьун яги сагьвиллъун букIа, тIубанго букIа яги гьелъулъ бищун дагьаб цIализе бихьизабуралъул гьитIинаб бугониги бутIа букIа, гьеб тарав чиясе сагьвиллъиялъул сужда гьабизе суннатлъула. ВахъунчIей течIого батIаго Магьдина тейги гIодов вукIиналдаса батIаго АттахIияту цIаличIого тейги абураб жо бичIчIула, вахъунги чIун Магьдина цIаличIого чIей ва гIодовги чIун АттахIияту цIаличIого чIей букIин. Магьдинаялъе вахъун чIейги АттахIиятуялъе гIодов чIейги жибго батIа тей абураб жо кин бичIчIулебин абуни, гьелъие гьадинаб баян буго. Масала, Магьдина цIализе лъаларев чиясе гьеб цIалулеб къадаралъ вахъун чIезе суннатаб буго ва гьединго АттахIияту цIализе лъаларев чиясе, тIоцебесеб АттахIияту цIалулеб бакIалда, гьеб цIалулебгIан заманалъ гIодов чIейги суннатаб буго ва гьеб кIиялъулго цонигияб гьабичIого тани, гьелъие гIоло сагьвиллъиялъул сужда гьабизе суннатлъула.

Гьал рехсарал багIазал гурел нахъиял какил суннатал жалаздасан цонигияб теялъе гIоло сагьвиллъиялъул сужда гьабизе суннатлъуларо ва гьеб бегьуларо.

АхIмад-хIажи ГIисаев, исламиял гIелмабазул доктор

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...