Аслияб гьумералде

Гьоркьоблъи кин цIунилеб?

Гьоркьоблъи кин цIунилеб?

Нилъее къваригIараб жо буго берцинаб гIамал. ЧIамучIал гIадамаллъун рукIунгутIи. Зарал гьабичIого тей. Гьеб буго диналъ нилъедаса тIалаб гьабулеб жо.

Аварагасул хIадисалда r буго: «Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги божулев чияс мадугьаласе зарал-зиян гьабуге, Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги божулевлъун вугев чияс жиндирго мадугьал кIодо гьаве», - абун (Бухари, Муслим). Гьев лъабцIул гьедана жиндаса мадугьаласе хIинкъи бугев чиясул камилаб иман букIунарилан. Мадугьаласе жиндаса хIинкъи бугев чи Алжаналде унариланги абулаан гьес. Гьединго абуна: «Дир напс кодосев АллагьасхIаги лагъасул иман камиллъуларо жиндиего бокьараб жо жиндир мадугьаласеги бокьичIони», - абун. Мадугьаласе лъикIлъи гьабеянги абулаан.

Мадугьаласе къварилъи гьабулев чи жиндие къварилъи гьабулев чи кколин, мадугьалгун вагъулев чи живгун вагъулев чи кколинги абулаан гьес.

Хирияс абулаан: «Мадугьаласул хIакъ ккола, дудаса гьес кумек тIалаб гьабуни гьесие кумек гьаби, къарз тIалаб гьабуни гьесие къарз кьей, мискинлъани боцIи кьей, унтани ваккизе ин, гьесие лъикIлъи щвани, барки, балагь бачIани - сабру гьари, гьев хванани гьесул жаназаялда цадахъ гьеб букъизе ин, гьесие бокьулеб гьечIони гьесдаса минаги борхизабун гьесие бачIунеб гьурицин гьукъичIого тей, хьагиниб тIагIам белъани гьелъул гьесда махIги чIвани гьелдаса гьесие бутIа кьей, пихъ-мичI рокъобе босани, гьеб рокъобе балъго боси яги гьелъул бутIа мадугьаласеги кьей, дурго лъимал, гьединаб жоги босун, къватIире риччангутIи гьесул лъималазул хьул лъечIого букIине», - абун. Мадугьаласда хурхун рачIарал хIадисал цIакъго-цIакъ гIемерал руго.

Гьес ﷺ абулаан: «ЖабрагIил малаикас мадугьал кIодо гьавеян дие гIемерал васиятал гьариялъ дида ккана дир ирсилавлъун мадугьал гьавилин», - абун. Мадугьалзабилъун кколел руго кIикъого рукъалдаса аскIорегIан ругелщинал рукъзабазул гIадамал. Бичасул Расулас r абулаан: «Ризкъиги гIатIилъизе гIумруги халалъизе бокьарав чияс гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи лъикI гьабе», - ян.

Гьес ﷺ абулаан: «ЖабрагIил малаикас мадугьал кIодо гьавеян дие гIемерал васиятал гьариялъ дида ккана дир ирсилавлъун мадугьал гьавилин», - абун. Мадугьалзабилъун кколел руго кIикъого рукъалдаса аскIорегIан ругелщинал рукъзабазул гIадамал. Бичасул Расулас r абулаан: «Ризкъиги гIатIилъизе гIумруги халалъизе бокьарав чияс гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи лъикI гьабе», - ян.

Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги божулев чияс гIагарлъиялъулгун хурхен гьабеянги абулаан гьес. Аллагь киданиги гурхIелалдалъун гурого жидехъ балагьичIо жидеца гIагарлъи щула гьаби сабаблъун, Аллагьас гьезул рукъзалги гIуцIулин, боцIиги цIубазабулинги абулаан гьес. ГIагарлъи хурхинабулев чи Алжаналде лъугьуна, гьеб къотIизабурав чи Аллагьас рахIматалдаса ватIа гьавулиланги бицунаан Хирияс ﷺ.

Аварагас ﷺ абулаан: «Мунгун тушманлъи гьабулев гIагарав чиясе кьураб садакъа бищун хирияб буго», - абун. Гьединго абулаан: «Дунял-ахираталъул бищун хириял хасиятаздаса ккола дургун гIагарлъи къотIизабурав чиясулгун гIагарлъи хурхинабиги, дуе жо кьечIев чиясе дуца жо кьейги, дуда зулму гьабурав чиясдаса мун тIаса лъугьинги», - абун.

Бищун хехго гIакъуба тIаде щолеб жо ккола зулмуги, гIагарлъи къотIизабигиян абулаан свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас ﷺ . Эбел-эмен дуда тIаделъани ширк гьабеян абун, дуца ширк гьабуге, амма гьединал ругониги эбел-инсулгун дунялалда гьудуллъи берцин гьабеян абулеб буго хирияб Къуръаналда. Гьезда цеве гIодовегIанавлъунги вукIа, гьездеги ахIтIоге, «уффан» абунцин гьезде дандеги абуге, я дир БетIергьан Аллагь, мун дир эбел-инсудаги гурхIа, гьез дун гьитIинго гурхIелалдалъун хьихьарав куцалъ абун, гьезие дугIа гьабеянги малъулеб буго хирияб Къуръаналда.

ХIадисаздаги буго Аллагьасул разилъи эбелинсул разилъиялъулъ, Аллагьасул ццим бахъиги эбел-инсул ццим бахъиялда жаниб бугилан. Гьединго буго: «Алжан эбелалъул хIатIазда гъоркь буго», - ян. Гьединго буго бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал гIужда как бай, цинги эбел-инсуе лъикIлъи гьаби бугилан. Эбел-инсуе мутIигIлъани гIумру халалъула, ризкъиялда баракат лъола, эбел-инсуе мутIигIлъарав чиясе жиндирго лъималги мутIигIлъула.

Эбел-эмен пашман гьарулев, гьезие мутIигIлъуларев чи жужахIалде рехула, гьесда Аллагь гурхIуларо, гьесда Аллагьасул ццим бахъуна, гьесда гIазабги чIамизабула, гьеб бищун чIахIиял мунагьаздасанги ккола, гьесие Алжанги хIарамлъула, гьесда Алжаналъул махIги чIваларо, гьесул лъикIаб гIамал къабул гьабуларо, гьесде Аллагьасул нагIана рещтIуна, гьесул рухIбахъи мекъи ккезе хIинкъи буго, гьесулго лъималаз гьесиеги гIакъуба кьола. Гьеб кинабго жоялъул хIакъалъулъ Аварагасул ﷺ хIадисал рачIана.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...