Аслияб гьумералде

ЛъикIалъе аслу

ЛъикIалъе аслу

Аварагас абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”, (сура «ал-Муъминун», аят 51), “Ле, иман лъурал гIадамал, нужеца кванай Дица кьураб бацIцIадалдаса”, - ян (сура «Бакъара», аят 172).

 

Анасидаса бицараб хIадисалдаги абулеб буго хIалалаб жо тIалаб гьаби щивав бусурбанчиясда тIадаб бугин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ амру гьабуна гIамал гьабизегIанго цебе бацIцIадаб кванайилан. Цо-цо гIалимзабаз абула доб цебе рехсараб аяталъулъ бугеб «бацIцIадабин» абураб рагIиялъул магIна хIалалаб кванайин абураб бугин. Цоги аяталда уго: «Гьедин нужеца гьабичIони (риба кванан, хIарамаб нухалдалъун боцIи-мал тIалаб гьабун), гьелдалъун нужеца Аллагьасда ва Гьесул расуласда рагъ лъазабуна», - ян (сура «Бакъара», аят 279). Цинги гьедин щвараб магIишат, боцIи-мал ахираталдаги жужахIалде ккеялъе ва гIакъуба гьабиялъе сабаблъун букIинарищха.

Аварагас ﷺ гьелъул хиралъиялъулъ абулеб буго: «Жиндирго лъимал-хъизамалъе хIалалаб тIалаб гьабизелъун хьвадулев чи вуго Аллагьасул нухда жигьад гьабулесда релълъун, гьединго гьев вукIуна шагьидзабазул даражаялдаги», - ян (ТIабарани). «Щив чи вугониги кIикъого къоялъ хIалалаб квен кванарав, Аллагьас гьесул рекIеда нур базабула, хадуб живги Аллагьас дунялалдехун зугьд бугевлъун лъугьинавула» (Абу-НагIим).

Цо къоялъ Абубакар асхIабас жиндирго хъулухъчияс бачlараб рахь гьекъон буго ва хадуб цIехон буго гьаб киса бачIарабин. Гьес жаваб кьун буго: «Цо къавмалъе дица жагьилаб заманалъул къагlидаялда пал тlамуна, гьелъухъ кьураб гьабги буго», - ян. Гьеб мехалъ Сидикъас, кlалдире килщалги регьун, къватlибе лагlун бачIинабун буго рахь ва абун буго: «Бетlергьан Аллагь ﷻ, дица Дуда тlаса лъугьин гьарула бидурихьазулъе араб ва чорхолъ бессараб рахьалдаса», - ян. Гьединго гьабун буго Гlумар асхlабасги, мекъи ккун, закагIаталъ бачlараб варанидул рахь гьекъедал.

ХIалалаб квен кванай буго дугIа къабуллъиялъе сабабги. СагIдица Аварагасда ﷺ гьаранила, Аллагьасда гьарейин жив дугIаялъе жаваб гьабулевлъун лъугьинавейин. Гьеб мехалъ аварагас ﷺ гьесда малъанила дуца дурго квен бацIцIад гьабейин, цинги дур дугIаялъе жаваб гьабилин абун.

Цоги, гьеб буго паризаябгун суннатаб гIамал къабуллъулеблъунги. Ибну ГIабасица Аварагасдасан ﷺ бицун буго: «Аллагьасул Байтул Мукъадасалда вуго цо малаик, щибаб сордоялъ жинцаги ахIулев: хIарамаб жо кванарав чиясул сарфги гIадлуги къабул гьабуларо», - ян. Сарф бугин абулеб буго суннатал гIамалал, гIадл – паризаял. Цоги хIадисалда буго: «АнцIго диргьамалде ретIелги босун, гьел диргьамазулъ цо диргьам хIарамаб букIун батани, гьеб тIад бугебгIан заманалъ рарал какал Аллагьас къабул гьаруларо», - ан.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...