Аслияб гьумералде

КватIун букIунаро

КватIун букIунаро

Инсан вуго БетIергьанас ﷻ гьабейин абураб нахъбахъун толев, дунялалъул ишазда хадув векерулев вукIунев  тамашаяв чи. Лъазего лъачIого ун батула къо, моцI, лъагIел ва гьелдаго цадахъ лъугIула гIумруги. Гьединлъидал гIумрудул нухазда чиясухъа ккечIого хутIуларо диналъул гIурхъаби рахарал ишалги.

 

Ригьалде вахараб мехалъ кантIаниги, иблисги гьоркьоб хIалтIун, напсалъги мун кватIун вугин абурал пикраби жанире рехун, тавбу къабул гьабизе батиларин абурал пикраби ххенолел рукIуна инсанасул ботIролъ. Амма бегьуларо, кигIан мунагьал гьарурав ватаниги, Аллагь ﷻ тIаса лъугьинин абураб жоялдаса хьул къотIизе ва тавбу гьабунгутIизе. Щайин абуни, гьеб буго рухI босизе ГIизраил жувайдал щокъробе щвелалде гьабуниги БетIергьанас ﷻ къабул гьабулеблъун.

Цо нухалъ кIудияв вали ХIасанул Басриясде аскIове вачIун вуго ункъоялда анцIилъе вахарав чи ва абун буго: «Дун вачIун вуго лъикIаб нухаве вуссиналъул къасдалда тавбугун. Бихьизабе дида битIараб нух», - ан. ХIасанул Басрияс жаваб гьабун буго: «Эмен, мун кватIарасда релълъун вугоха», - ян. Херас абула: «Бакъ жеги тIерхьунеб рахъалдаса баккичIо, тавбуялъул нуцIбиги къан гьечIо. Дун хьулгун вачIун вуго ялъуни хьул лъезе бакIги хутIичIого дун мекъи ккунищ вугев?» - ан. Гьеб мехалда, хIалхисарав гIадинги лъугьун, ХIасанул Басрияс абула: «Гуро, гуро, мун витIарав вуго, эмен, дур хьул къотIунгутIиялъулъ. Унгоги бакъ жеги тIерхьунелъуса баккичIо, тавбуялъул нуцIбиги рагьухъего руго. Бегьулеблъун батани, рачIа кIиясго цадахъ мунагьал чурейин гьаризе. Щиб лъалеб, БетIергьанасдехун ﷻ дур бугеб къотIи гьечIеб хьулалъе гIоло дирги тавбу къабул гьабизе бегьула», - ян. 

Гьаб къисаялдаса нилъеда бихьулеб буго кинаб ригьалде вахарав чи вугониги, гьесул тавбу къабуллъиялдасаги мунагьал чуриялдасаги хьул къотIизе бегьулареблъи. Нахъбахъун течIого тавбу гьабизе ккола чияс рес рекъанщинахъе. Щайин абуни, бакъги жиб тIерхьунеб рахъалдаса баккун гьечIелъул, тавбуялъул кавабиги рагьухъего ругелъул, гьеб мехалде щвезегIан Аллагьги ﷻ лагъасул тавбу къабул гьабулевлъун вугелъул. Аварагас ﷺ абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ магърибалъул рахъалда (бакътIерхьул) гьарун руго тавбу къабул гьабулел каваби, жидер гIеблъиги лъабкъоялда анцIго сон рилълъанхъун унеб манзил бугеб. Гьел къазе гьечIо гьенисан бакъ баккизегIан», - ин (Тирмизи). Гьединлъидал, гьаб заманги цIеда тIад гьалдолеб хьагалда релълъун, киб хвалили лълъар гьекъезе ккелебали лъалареб бугелъул, рекъараб буго радал-къад тавбу гьабун, гьелда даимлъизе.

Цоги, нилъеда лъазе ккола гьабулеб гIибадаталъулъги аслияб, Аллагьасде ﷻ унеб нухалъулъги жиндалъун байбихьизе кколеб тавбу букIин. Тавбу гьабун, чияе бугеб хIакъ тIубан хадуб гурони БетIергьанасги ﷻ нилъер гIамал къабул гьабуларо. Гьеб гьабун вачIарав Аллагьасеги ﷻ вокьула. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Аллагьасе ﷻ тавбу гьабун руссарал ва рацIцIалъи тIалаб гьабулел чагIи рокьула», - ян (суратул «Бакъара», аят 222).

Гьединлъидал бищун кIвар гьабизе кколезул цоябги ккола ракIбацIцIадго тавбуялдалъун дару гьабун напс къачIай. Аллагьас ﷻ нилъ гьеб къабул гьабуразда гъорлъе ккезареги.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...