Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ салам

Аллагьасул ﷻ салам

Аллагьасул ﷻ салам

Унтарасул ракI батизабе

 

Унтарасда аскIоб бицунеб хабар букIине ккола гьесул ракI батизабулеб. РакI боххиялъ лъикIго кумек гьабула сахлъи бачIиналъе. РакI къварилъиялъин абуни гьелъул гIаксалда, унти тIаде цIала ва цIикIкIинабула.

 

Мунги кин унтулев, щиб мунагь букIун щвараб дуде аб, унтизе мустахIикъавго вукIинчIин мунилан абун, унтарасухъе аралъуб гьесул ракI батизеян цо-цояз рицунел харбаз унтарасул ракI батуларо ва бохизабуларо. ГIаксалда, гьел ва гьезда релълъарал рагIаби рагIарабго унтарасул, гъоркьгоги къваридаб ракI дагьабги данде къала, тIаде лъазе биччачIониги гьев пашманлъула. Бицараб хабаралъул асар камун букIунарелъул, унтарасе бокьаниги бокьичIониги, гьел рагIабазул квешаб асарлъун бачIине рес буго гьесул рекIелъе, дун унтизе мустахIикъав вукIинчIин абураб мекъаб пикру. Щиб сабаблъун диде тIаде гьаб балагь тIамураб? Дидаса чанги квешал чагIи сахлъи-парахалъиялда руго, дунин абуни гьаб гIакъубаялда вуго. Гьадинал жалазда тIад ургъизе лъугьине рес буго дол рагIаби рагIарав унтарав. Гьединаб пикру бачIинахъего нахъчIвазе ккола инсанас. Амма дагьабниги иман загIипав чиясул рекIелъ гьеб хиял щулалъизеги рес буго.

Гьеб пикруялъул квешаб жо щибин абуни, гьеб буго Аллагьасдехун ﷻ пикру квешлъи, Дос ﷻ жиндие лъикIлъи гьабулеб гьечIилан. Лагъасул Аллагьасдехун ﷻ бугеб балагьиялда рекъараб букIунила Аллагьасул ﷻ гьесдехун букIунеб бербалагьиги. Бухарияс рехсараб хIадисалда аварагас ﷺ бицун буго Аллагьас ﷻ абунин: «Дун Дир лагъасул Дидехун бугеб пикруялда рекъон вукIуна». Додинал пикрабазда вугев чиясдехун Аллагьасул ﷻ балагьи кинабха букIинеб?

КIиабизе абуни, гьеб буго Аллагьасул ﷻ къадаралда разилъунгутIи. Иманалъул рукнабазул анлъабилеб ккола Аллагьасул ﷻ къадаралда иман лъей, лъикIабги квешабги Аллагьасдасан ﷻ букIиналда божи. Квешабилан кканиги, бусурбанчиясде тIаде бачIараб балагь ахирги гьесие пайдаялъе букIуна.

Унта-щокълъи, цогидаб балагь бусурманчиясде тIаде бачIунилан бицун буго гьесде тIаде бачIине букIараб дагьабги кIудияб балагьалъул бакIалда хисун, гьесие бигьалъи гьабун. Ялъуни гьесухъа ккун букIараб мунагь дунялалдаго чуризабун, ахираталде мунагь гьечIев, вацIцIадавлъун вачине Аллагьасе ﷻ бокьун. Ялъуни гьесул даража борхизабизелъун. Халгьабураб мехалъ Аллагьас ﷻ бусурманчиясе лъикIлъи бокьун биччараб букIунеб буго тIаде балагь. Жиндие лъикIлъи бокьарав Аллагьасдехун ﷻ унтарасул лъикIаб пикру букIине ккола. Аллагьасул ﷻ рахIматалде хьул лъун, гьесул гIакъубаялдаса хIинкъун вукIине ккола. Гьединаб пикру букIинабизе аскIор ругезги кIвараб жигар бахъизе ккола. Амма аскIор ругез рицарал гьадал тIадехун рехсарал гIадал рагIабаз, унтарасулъ Аллагьасул ﷻ рахIматалде хьул лъезабуларо, гьелъул гIаксалда, тушманлъи бижизабула ва мунагьалде ккезавула. Гьелъие квербакъарал чагIилъун гьеб хабар бицарал гIадамалги рукIуна.

Къуръаналда, суратул «Маидаталда» ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Нужеца цоцазе кумек гьабе лъикIлъиялъе ва Аллагьасукьа хIинкъиялъе. Нужеца цоцазе кумек гьабуге мунагьалъе ва Аллагьас лъурал гIорхъаби рахиналъе», - ян.

Ибну МасгIудица абуна гьаб аяталда бугеб «лъикIлъи» абураб рагIиялъул магIна бугила аварагасул ﷺ суннаталда нахъвилълъин абураб.

 

ХIабиб ХIажигIалиев

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...