Аслияб гьумералде

Суратул «Кавсаралъул» тарихазулаб дандеккей

Суратул «Кавсаралъул» тарихазулаб дандеккей

Къуръаналда бищун къокъаб сура ккола суратул «Кавсар». Гьелда жаниб буго анцIго рагӀи. «Кавсар» сураталъул тӀоцебесеб аят 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. КӀиабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Лъабабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Алиф хӀарп бищун гӀемер такрарлъулеб буго гьаб сураталда – 10 нухалда. Гьаб сураталда жаниб цо-цо гурони гьечӀел хӀарпал 10-ялде рахуна.

 

Гьаб сураталда ТӀадегӀанас Авараг ﷺ кантIизавулев вуго хьул къотӀизе биччагеян ва лъазабулеб буго гьев рихаразе кӀудияб зарал ккезе букӀин, жалго къваридаб ахӀвал-хӀалалде ккезе рукӀин.

 

 

Гьаб сураталъул щибаб аят лъугӀула «Р» хӀарпалдалъун, гьединго, гьеб ккола алипалда 10-абилебги.

Къуръаналда буго «Р» хӀарпал-далъун лъугӀулеб 10 сурат, гьезул ахирисеб ккола «Ал-Кавсар» сурат.

 Гьеб сураталда жаниб буго рикӀкӀеналде бугеб ишара, гьебги буго ЗулхӀижаялъул 10 къо - Къурбан хъвеялъул къо.

Гьеб кинабго буго бищун къокъаб, лъабго мухъалдаса гӀуцӀараб сураталда.

 

Щибха бугеб кӀудиял суратазда?

Къуръаналъул аятазда релълъараб жо гӀуцӀизе гӀадамазул рес гьечӀолъи Аллагьас тасдикъ гьабулаго, абуна: «Нижер лагъ МухӀаммад аварагасде рещтӀараб Къуръаналъул хӀакъикъаталда нужер щаклъи ккани, ай пасихӀлъиялъул, насихӀаталъул, гӀелмуялъул ва нух бихьизабиялъул рахъалъ, Къуръаналъул бокьараб сураталда релълъараб цо суратгIаги нужецаги ургъе...», - ян. (23 аят, сура «Ал-Бакъара»)

«Кавсар» сураталъул тӀоце-беселда, Халикъас жиндирго Аварагасде ﷺ хитӀаб гьабулелда, бицунеб буго дунялалдаги ахираталдаги гӀемерал баракатал кьезе рукӀиналъул хӀакъалъулъ.

МухӀканго абуни, бицунеб буго Алжаналъул ахаздасан чвахулеб Кавсар гӀоралъул хIакъалъулъ. АсхIабзабазул цояс ГӀаишатида гьеб гӀурул хӀакъалъулъ гьикъидал, гьелъ абуна: «Гьеб кьун буго гӀаламазул рахӀматалъун кколев МухӀаммад аварагасе ﷺ. Гьелъул рагӀалда руго багьаяб маргъалалъул, ай жемчугалъул гьарурал чадирал, гъадрал, гьезул къадарги зобалазда ругел цӀвабзазул къадаралде данде ккола», - ян.

Кавсар гӀурул цояб рагIалда букӀине бугила ТӀадегӀанав Аллагьасул Расуласул ﷺ хӀавуз, гьелда сверухъ данделъула гьесул тӀолабго умматалъул вакилзаби. (Бухари).

«Кавсар» сураталда Халикъас ахӀулел руго ракӀбацӀцӀадаб гӀибадат-гӀамалалде ва дугӀаялде, Къурбаналъул гӀидалъ къурбан хъвеялде, жиндие кьурал нигӀматазухъ БетӀергьанасе реццги гьабун.

Ахирисеб аяталда Халикъас Аварагасда ﷺ абулеб буго: «Мун рихарал, мун лъимер гьечӀев чи вугин абулел жалго лъимал гьечӀеллъун лъугьина», - ян. Гьелъул хӀакъикъат ккола Авараг рихараз гьев хӀакъир гьавулев вукӀин, гьесул киналго васал лъимерлъиялдаго дунялалдаса ун рукӀин ракӀалде щвезабулеб букӀин, гьелдалъун гьев цӀидасан гьеб пашманлъи хӀехьезе тIамизе хӀаракат бахъулеб букӀин. Гьез Аллагьасул Расуласда ﷺ абуна, мун хведал дур наслу тӀагӀине бугин ва дур малъа-хъваял киназдаго кӀочонги тезе ругин. Гьедин исламги лъугӀизе бугин.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...