Аслияб гьумералде

КантIизе бихьараб

КантIизе бихьараб
ПатIимат ХIасанова

 

 

 

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щивав чиясе цIараб болжал буго. Гьеб лъугIидал инсанасул рухIги босула, кив гьев ватаниги. Аллагьас ﷻ рухIал росизе тарав ГIизраил малаик щибаб сордо-къоялда жаниб 70 нухалъ балагьулила щивав чиясухъ заман щун бугищали.

 

Школалда цIалулеб мехалда цо мугIалиматалъ абулеб рагIана: «Дунялалъул ахирги ахираталъул авалги Мун разияб, дун йохараб кье, Аллагь!» - абун. Дие кутакаб асар гьабуна гьеб дугIаялъ.

Цо гIалимчияс абулеб рагIана: «Иблисалда бищунго рихараб буго лагъас Аллагьасда хIуснул хатимат гьари, ай лъикIаб хвел гьари», - абун.

Исана февралалъул къояз тIолабго дунял кьерхазабураб ракьбагъари ккана Турциялда. Аза-азар чи хутIана жаниве вуссине мина-рукъ гьечIого. Аза-азар чи хвана, жеги цIикIкIун лъукъа-къотIана. ЧIаго хутIаразул гIумруйин абуним бикьана кIийиде: сониселде ва жакъаселде.

Хваразе шагьидазул даража кьун батиялда ва БетIергьан Аллагьас гьел ритIун ккезарун ратиялда божарал руго. Амма Аллагьас тохлъукьего тIаде балагьги тIамун хваниги, сонисеб гIумру гьезул шагьидлъи щвелеб гIадинаб букIанадай? Гьанже балагье нилъехъго. РакIалищ иманалъул цIун ругел, чурхдулищ исламалда рукIун лъадарун ругел? Аллагьас гьединаб тохаб балагь тIаде тIамуни, ахираталда дандчIвай гьабизе хIадурго ругищ нилъ? Кинниги Аллагьасул гурхIел-цIоб гIатIидаб, нилъер гIакълу нахъгIунтIуларебгIан кIудияб бугелъул, божи буго Гьес рехун теларин абураб.

Аллагьасул гурхIел-цIобалъул бицунеб, бихьаразул ракIал гIодулел лъугьа-бахъиналги гIемер ккана Турциялда. Кумекалъе рачIараз исламияб дин босиялъул хIужабиги ккана. Амма бищунго Аллагьасул хIикматалда тIад ургъизе тIамулеб, Гьесул кIодолъи-къудраталъе капуралги мукIурлъулеб лъугьа-бахъин ккана ракьбагъари ккун щуабилеб къоялъ. Хвасар гьарулезул къокъаялда гъорлъа цояс бицана: «Биххараб мина дагIагьине бакIаб техникаги ахIун хIадурлъулел рукIана ниж. Риххарал бакIазда гъоркьан щибго сас букIинчIо. Техника хIалтIизе биччалелъул, нижеда аскIое ячIана цо чIужугIадан. Гьелъ абуна: «Нужеца гьаб гуреб, дагьаб добегIан бугеб бакI бухъе. Гьениб биххараб минаялда гъоркь руго дир лъимал, гьел хвасар гьаре», - ян. Гьелъ бихьизабураб бакIалда хIалтIизе лъугьана ниж. Ва лъабго метралъул гъварилъуда ратана чIагого кIиго лъимер. Эбелалъухъе лъимал кьезелъун гьей гIадан ялагьизе лъугьана ниж. Амма гьей кийго ятичIо. Нижеца хвасар гьавурав 13 сон барав васас бицана жидер эбел ункъо соналъ цеего хванин», - абун.

Аллагьасул хIикмат буго ракьбагъариги. Гьесул кIодолъи-къуват бихьизабулеб, гьелде кантIизарулеб. ХIикматалда жанибги хIикмат буго цоял хвараб бакIалда цогидал чIаго рати, чIагоял хвасар гьаризе хварал Аллагьас ритIи.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...