Аслияб гьумералде

Шагьидзабазда гъорлъ чIезавула

Шагьидзабазда гъорлъ чIезавула

Аллагьас Къуръаналда амру гьабулеб буго Аварагасде ﷺ свалат битIеян абун. Жинцагоги битIулеб буго. Нилъеда лъала амру гьабураб жо гьаби гьелъул даража цогидал суннатал жалазул кири-даражаялдаса кигIан кIудияб бугебали.

 

Аварагасде ﷺсалават битIиялъул хиралъаби цIакъ гIемерал руго, гьезул хIакъалъулъ рачIарал хIадисалги рикIун хIал кIоларелгIан гIемерал руго. Аварагасде ﷺ салават битIарасе рикIун хIал кIоларелгIан гIемер пайдабиги щола.

Аварагас ﷺ абунила: «Щив чи вугониги щибаб къоялъ ва щибаб сордоялъ лъабго нухалъ диде свалат битIун, Аллагьас хIакълъунго гьесул мунагь чурула», - абун.

Аварагасде ﷺ свалат битIулев чиясе щола анцIго лъикIлъи, анцIго квешлъи тIаса инабула ва анцIго даража тIаде борхула. Аварагасде ﷺ свалат битIарал чагIазе къиямасеб къоялъ гьесул шафагIат щола, къиямасеб къоялъ гьев Аллагьасул ﷻ диналъе гIоло рухIги черхги кьурал шагьидзабазда гъорлъ чIезавула. Гьес битIараб свалат, гьев хун хадуб, гьесул хабада тIад гьесие мунагьал рахчи тIалаб гьабулеб букIунила.

ГIали-асхIабас бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунила: «Щив чи вугониги жинца хIеж борхун, цинги гьелда хадуб гъазаватги гьабун, гьес гьабураб гъазаваталъул гьесие хъвала ункънусго хIеж борхарабгIанасеб кири». Цинги жидеда хIежги гъазаватги гьабизе хIалкIоларел чагIазул пашманлъун ракI беканила. Гьеб мехалда Аллагьас Аварагасухъе ﷺ гьадин вахIю гьабунила: «Цониги чияс свалат битIиларила гьесие Аллагьас ункънусго гъазаваталъул кири хъван гурони, щибаб гъазаватги ункънусго хIежгун бугеб».

Нилъеца гьарулел гIибадатазухъ кири щвезе ккани, гьелъие шартI буго хIузуралда, хушугIалда гьаби. Гьедин гьабичIони, кириги букIунаро. Амма свалаталъухъ, хIузур гьечIого битIаниги, кири щола.

 

МухIаммад Мурадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...