Аслияб гьумералде

ХIикматазул гъамас

ХIикматазул гъамас

Лукъманул ХIакимил насихIатал

Тавбу гьаби нахъе бахъуге, хвел тохлъукьего бачIунин.

Дуе пайдалъун букIунеб кIиго жо кквеян абила дица: рукIа-рахъин гьабизе диргьамги абадияб рукъалъе динги.

Гьаб дунял къокъаб жо буго, гьелъулъ дур гIумруги жеги къокъаб буго. Гьаб дунялалда дуе цIарал къоялги цIакъго дагьал жал руго. Дица дуда малъила 6 хасият, цере арал ва рачIине ругезул гIелмаби жиделъ ругел: тIоцебесеб – дунял гIумру гьабизе хутIараб къадаралъ гурони тIалаб гьабуге.

КIиабилеб – Аллагьасе гIибадат гьабе Гьесде I мун хIажат вугев куц халгьабун. Лъабабилеб – абадияб рукъалде хIадурлъе гьениб дуего макъам щвезе бокьараб куцалъ. Ункъабилеб – дур вукIа-вахъинги жужахIалъул цIаялдаса мун рикIкIалъизе гьавулеблъун букIа, хIатта дуда бичIчIизегIан гьелдаса дуе хвасарлъи гьечIеблъи. Щуабилеб – мунагь гьабиялъулъги дур бахIарчилъи букIа Аллагьас гIазаб гьаби дуда хIехьезе кIолелда релълъун. Анлъабилеб – Аллагьасде гIасилъизе дуе бокьани (мунагь гьабизе) Аллагьасда ва гьесул малаикзабазда мун вихьулареб бакI балагье.

Гьаб дунял ахираталдалъун бичун босани дунял-ухраялъул талихI дуе щвела. Амма ахират дунялалдалъун дуца бичани, кIиябго рокъоб талихI дур къина.

Къарумлъи квешаб тIабигIаталдасан ккола. Гьардон къваригIел тIубазелъун гIемерал гIадамазде вуссинги гIантал, нич гьечIел чагIазул гIаламат буго.

Я, дир вас! Дур вацIцIалъи бихьизе бокьуларев чиясда цеве тIаса лъугьин ва мун вацIцIад вукIин бихьизабизе лъугьунге ва дур ургъел гьечIев чиясухъа кумекги тIалаб гьабуге.

ГIадамазул хIалихьалъи сабруялда баччулев чияс гьел къуркьизарила.

ГIадамазул бищун лъикIав, намус бацIцIадав, адаб бугев ккола жиндир хIажалъи букIиндал гIадамаздаса рикIкIалъулев, амма жинде хIажалъидал аскIов ватулев.

ГIабдалзабазда гьоркьов гIакъилго гаргадани гьез дуда бугьтанал лъола. ГIакъилзабазда гьоркьов гьерсал рицун кIалъани, гьезул дудехун рокьукълъи бижула.

Духъ гIенеккуларев чиясда кIалъай, хабалъ ругезе боцIи-мал кьун вачIунезда релълъун вукIуна.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...