Аслияб гьумералде

Кинабго буго Аллагьасдасан

Кинабго буго Аллагьасдасан

Кинабго буго Аллагьасдасан

ТIадегIанав Аллагьасе рецц буго, капурзабазе гIазаблъунги муъминзабазе рахIматлъун ва хIалбихьилъун батIи-батIиял балагьал риччаялъухъ. Балагьазда сабру гьабиялъулъ бищун тIадегIанаб мисал бихьизабураб МухIаммад аварагасда ва гьесда нахърилълъараздаги лъеги бищун хирияб свалатгун салам.

Балагь ккола инсанасул черхалда яги гьесул хъизан-лъималазда, боцIуда тIаде бачIунеб захIмалъи ва къварилъи. ТIадегIанав Аллагьас гьединаб балагь ракьалде биччай гьабун буго, инсанасул гIумруялда жаниб гIадатияб жолъун. Балагь щоларев чи гьаб ракьалда вукIинчIо, я вукIине гьечIо. Гьелъ, балагьалъукье ккарав, дуда лъай, мун тIоцевесев ва ахирисев гуревлъи. Лъил эбел-эмен хвечIел, лъил лъимал хвечIел, щив унтичIев, лъил боцIи гьалаглъичIеб, лъица хвалил кьогIлъи чIамичIеб? Гьел руго, киназго абуниги, чIамарал балагьал.

Амма хIакъикъияб, нилъ жиндаса хIинкъизе кколеб балагь буго диналде ва гIакълуялде щолеб балагь. Гьеб щварав абадиялъго талихIкъаравги ккола. Аллагьас цIунаги гьелдаса. Балагьалги рикьун руго лъабиде. Цо буго къосараб къавм гьалаг гьабизе биччалеб, цогидаб - гIасилъиялда вугев инсан кантIиялъе биччалеб ва лъабабилеб - инсан Аллагьасде гIагарлъиялде ва даража борхиялде бачунеб.

Цере рукIарал чанго къавмал Аллагьас гьалаг гьаруна гьел Аллагьасде гIасилъидал ва халкъалда гьоркьоб зулму тIибитIидал. ТIупан тIун гъанкъарал НухI аварагасул къавмалъухъ балагье, пикру гьабе ЛутI аварагасул къавмалъул, ай зина ва вахIшилъи тIибитIидал кин гьезде балагь биччарабали. Хадусеб тайпа ккола гIасилъиялда вугев инсан кантIиялъе биччалеб балагь.

Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дица гьезие гьабизе буго гьитIинаб гIазаб, ай кIудияб гIазаб гьабичIого, хьул буго гьел тIадруссинин абун» (Саджат, 21). Тафсиралъул гIалимзабаз абулеб буго, мунагьалде ккарав чиясе, гIадлу гьабун тамихI гьабидал яги балагьалде ккезавидал, гьев гьеб мунагьалде тIадвуссунарин ва ахираталъул балагьаздаса хвасарлъулин абун.

Мунагьалде ккаразул чамал кантIарал, унтидал Аллагьасде чамав вуссарав, чан чияс авариялде ккедал мехтел тараб, чан чи херлъидал мажгиталде вуссарав. ГьитIинал балагьал риччайдал, гьел тавбуги гьабун, ахираталъул кIудияб гIазабалдаса хвасарлъана. Хадусеб тайпа буго, балагьалде ккеялдалъун жал Аллагьасе хиралъарал, Аллагьас жидер макъам тIадегIан гьабурал ва тIаса рищарал.

Бищун цIикIкIун балагь щолел аварагзаби, цинги гьезде гIагарал, цинги гьезде гIагаралин абун буго хIадисалда. Гьединлъидал цо балагьалъукье ккедал, ракIалда ккоге мун Аллагьасда рихарав чи вугин абун. Балагье, Ибрагьим аварагасухъ, чIаго цIадаве рехулев вукIана. Балагье, асхIабу ухдудазухъ, Къуръаналда жал рехсарал, чIаго цIадул гвандинире рарал.

Балагье, пиргIавнил лъади Асиятихъ ва гьезул хъулухъчIужу МашитIатихъ, гьалдолеб нахул хьагинире жал рехарал. Кинабго боцIимал лъугIарав, тIолалго лъимал хварав Аюб аварагасул дарсал кIочонге. Вацаз гъуялъув рехарав Юсуф аварагасул къиса ва бадиса канлъи инегIан гIодарав гьесул эмен ЯгIкъуб авараг ракIалде щва. Хъухъадироялъ бакьулъа хъухъарав Закария, ччугIица къулчIарав Юнус.

Жиндир бетIер къотIарав ЯхIя, пиргIавнил зулмуялде ккарав Муса, туснахъ гьавурав ГIиса, инсул росу-ракь тун къватIиве вачахъарав нилъер авараг МухIаммад. Гьаб дунялалъул рокъоб балагьалде ккечIел лъикIал гIадамалго ругищ?

КIочене бегьуларо, Аллагьас нилъ хIал бихьизе рижарал рукIин. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дица гьезул хIал бихьизе буго хIинкъизарун, ракъи тIаде биччан, гIадамал, боцIи, пихъ мукъсан гьабун. Гьелда сабру гьабурасе рохелги бице дуца!» (Ал-Бакъара, 155).

Гьединлъидал, хириял диналъул вацал ва яцал, балагь тIаде щведал гIедегIил гьабе Аллагьас хирияб Къуръаналда малъараб калима абизе – «Инна лиллагьи ва Инна илайгьи раджигIун», ай ниж киналго Аллагьасул руго ва ниж киналго Аллагьасде руссинеги руго. Ахиралдаги рехселин авариялда ккарав цояс бицараб.

«ГIолохъабигун цадахъ, гIаракъиги гьекъон, машиналда рачIунел рукIарал ниж, нухдаса свери босизе кIвечIого кIкIалахъе рортун ана. Гьеб лахIзаталда жаниб дица, вай Аллагьинги ахIичIого, «вай биладилан» ахIана.

Цинги дида бичIчIана гIумруялъ такрар гьарулел рукIарал рагIаби хвалда цебеги такрар гьаризехъин рукIин», - ян. Аллагьас нилъее кьеги балагьалде сабруги, зикруялда даимаб мацIги, Аллагьасдаса разияб ракIги.

ХIАБИБ-ХIАЖИ ГIИСАЕВ, ХАРАЧIИ РОСДАЛ ИМАМ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...