Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Суннатин абураб жоялъул Аварагасул гIаммаб нухин абураб мурад буго, ай Хирияс гьабеян абураб гьабун, теян абураб тун.

 

Аварагас ﷺ абун буго: «Нуж Алжаналдеги гIагар гьарулеб, жужахIалдаса рикIкIадги гьарулеб, жиндалъун дица нужеде амру гьабичIого тараб цониги жо гьечIо. Нуж Алжаналдаса рикIкIадги гьарулеб, жужахIалде гIагарги гьарулеб, дица нужее жиб гьукъичIого тарабги цониги гIамал гьечIо», - ян (ХIаким, Ибну ГIабидуня).

Хириял хIадисаздаги кIвар буссинабулеб буго хирияв Аварагасул ﷺ суннат кквеялде. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Нужеца дир суннаталдаги ритIухъал хулафаазул суннаталдаги тIадчIей гьабе, нужеца гьеб суннат цабзаца къахIан ккве», - ян.

Хасго кIвар гIемераб, кири цIикIкIараб ишлъун ккола уммат пасалъараб заманалда хирияв Аварагасул ﷺ суннат щулаго кквей.

ХIадисалда буго: «Щив чи вугониги дир уммат пасалъараб мехалъ жинца дир суннат ккун, гьесие нусго шагьидасул кири щола», - ян (Байгьакъи).

Цоги хIадисалда буго: «Жинца хIалалаб квенги кванан, суннаталда рекъон гIадамазе заралги гьабичIого хьвадарав чи гьев Алжаналъуве лъугьуна», - ян (ХIаким).

ХIакимица бицараб кьучIаб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Дица нужее нахъе толеб буго цо жо, нужеца гьеб щулаго ккуни, нуж кидаго къосине гьечIо: Аллагьасул ﷻ ТIехьги Гьесул Аварагасул ﷺ суннатги», - йилан.

 

АсхIабзабазги гIалимзабазги…

Аллагь ﷻ жидедаса разилъаял асхIабзабазги, гьезул нухдасан арал имамзабазги, вализабазги, гIалимзабазги кIудияб кIвар кьолаан хирияв Аварагасул ﷺ суннат цIуниялде. Аллагь ﷻ разилъаяв ГIумар-асхIабас, чIегIераб гамачIалда (ХIажарул асвад) убач гьабулаго, абулаан: «Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ дуда убач гьабулеб бихьун букIинчIебани, дицаги дуда убач гьабилароан», - илан.

Аллагь ﷻ разилъаяв Мужагьидица бицана: «Аллагь ﷻ разилъаяв ГIумар-асхIабасул вас ГIабдуллагьгун ниж сапаралда рукIана, цинги нухда цо бакIалде щведал, нухалъул цо рахъалдехун кьурана гьев (ГIабдуллагь), гьесда цояс гьикъана дуца гьеб жо сундуе гIоло гьабурабилан. Гьес абуна Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ гьаб бакIалда нухдаса кьурулев вихьана дида, гьелъ дицаги гьебго жо гьабун», - илан (имам АхIмад).

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Гъазалияс абуна хирияв Аварагасул ﷺ щибаб суннат цIунарасе Алжаналда хасаб даража бугилан. Дунялалда, гьаб суннат таниги бегьулиланги абун, суннат тарав чиясда Алжаналда бихьизабизе буго гьеб суннаталда хасаб даража ва гьесдаги абизе буго гьаб даража дуе кьечIониги бегьулин абун.

 

МухIаммад Къебедов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...