Аслияб гьумералде

ХIежалде къачIадулезе

ХIежалде къачIадулезе

ХIурматияб диналъул агьлу! Гьаб заман буго Аллагьасул хирияб ракьалде гьоболлъухъ ине гIадамаз хIадурлъи гьабулеб. Нилъее БетIергьанас лъикIал ресалгун санагIаталги кьун руго ХIарамалъул ракьалде ине.

 

Щиб гьебин абуни, лъиего балъгояб жо гуро дунялалдасаго хIежалде ине бокьарал гIадамазул хасаб къадар чIезабун букIин. Гьебги ккола бусурбабазул цо миллион чиясдаса азарго чи ине ихтияр кьей. Гьеб хIисаб гьабуни нилъер республикаялдаса лъабазарго чи гурони ине ихтияр букIунароан.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее гьеб къадаралъул ункъо яги жеги щуго нухалъ цIикIкIун чи ине рес кьун буго. Гьебги ккола кIудияб нигIмат. Цоги улкабазда гIадамал щугоялдаса цIикIкIун соназ чIезе ккола гьенире ине ирга щоларого. Гьебги гIумруялда жаниб цо нухалъ ине.

Гьединлъидалин нилъерги гьеб нигIматалде щукру букIине кколеб. Гьебги буго хирияб ракьалде ине рес щварал гIадамаз хIалкIвараб адаб цIуни. ТIоцебесеб иргаялда, гьеб хирияб ракьалъул, гьенир ругел гIадамазул. Щибаб жоялдаса лъикIаб дарс босизе рекъараб букIина. Масала, гIарабазул бугеб сабруялъул, цоцадехун бугеб хIеренаб гьоркьоблъиялъул дарс босизе беццараб букIина. ЛъикI букIинаро гьениб бихьанщинаб какараб жоялъул хIисабги гьабун, жиндиего нух бати. КигIан кин бугониги гьелги нилъгогIадал мунагьалде кколел загIипал лагъзаллъидал ругел. Нилъеда гьединаб жо бихьиялда жанибги щивав чиясул хIалбихьи букIунеб. Нилъедаго бажаруларебщинаб жо гьезулъ букIине кколин абураб пикруялъул рахъ кквезеги кинго бажаруларо.

Гьагьай, хIежалде ине къватIиве вахъунев чи рокъосаго пикрияб куцалъ гьелде хIадурлъун вукIине ккела. ХIежалъул ахIкамал лъазариялде тIаде гьесие рекъараблъун бихьула хирияв МухIаммад  ﷺ аварагасул гIумру ракIалдещвезабуни. Цо гьитIинаб бугониги тIехь цIаличIого гIеларо. Гьаб дунялалъул цониги хIалбихьиялде яги къецазде унел гIадамал гьелде кутакалда хIадурлъи гьабун рахъуна къватIире. Гьебго мисал хIалтIизабизе рекъараб букIина хIажизабазги.

Хириясул ﷺ хIадисалда буго, ахирзаманалда хIежалде унел гIадамал бихьа-рагIиялъе, рекIелгъеялъе унел рукIинин абун. Гьеб хIадисалда бицараб заман щун букIин якъинлъула щивав хIажичияс киве щваниги телефоналъ рахъулел сураталги видеоги бихьараб заманалда. Масала, тIаваф гьабулев чи гьеб жоялде машгъуллъун вугони, гьенир цIалулел дугIабазулги азкаразулги кириялдаса махIрумлъулев гьечIищ? ЦIакъго хIажаталъе гурони хIалтIизабичIого тараб лъикIаб букIина хIажизабаз телефонал.

КIочене бегьуларо ХIарамалъул ракьалда гьабураб лъикIлъи нусазариде бахинабулеблъиги. Гьеб кириги щолеб букIаго цоги жоялде машгъуллъун вукIин БетIергьанас гьев махIрум гьави кколарищ лъикIлъи гьабиялдаса. Гьебги мунагь ккеялъул хIасилалда гурони букIине рес гьечIо.

ГIарафа бугоха жиндир хиралъи кутакалда бицараб къо. Гьеб къоялъ, хасго ГIарафаялдаги чIун гьабураб дугIаялъе нахъчIвайго гьечIо. Гьеб къоялъ кинабго пикруги къуватги гIибадаталде буссинабизе хIаракат бахъизе ккела. Гьаб  заман буго питнаби жиндилъ гIемераб. Гьелдаса бусурбабиги, хасго Дагъистанги цIунеян гьаризе, хIелизе рекъараб букIина щивав чиясе. Щвараб ресалдаса пайда босичIони, гьелдаса чIорого хутIиялдаги хIинкъи букIунелъул, бажарараб жигар гьабизе ккела дугIа-алхIамалъе. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги. Къабулаб хIежгун, сах-саламатго ватIаналде тIадги руссаги. Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...