Аслияб гьумералде

Рамазан – рахIматазулги рахIмат

Рамазан – рахIматазулги рахIмат

 

ТIадегIанав Аллагьас хирияв ХIабиб МухIаммадил умматлъун рижиялда цадахъ, исламалда ратиялда гьоркьоб, нилъее кьураб бищунго кIудияб рахIмат буго рамазан моцI. Гьелъул хиралъи гIела хирияб Къуръан рещтIине байбихьараб моцI букIинги.

 

Аллагьасул ﷻ вали Жамалудин Абул Фараж ГIабдурахIман ибн ГIали Аль-Курашияс абуна: «ЛъагIалида жаниб бугеб анцIила кIиябго моцI релълъинабизе бегьула ЯгIкъуб аварагасул 12 васасда. Гьезда гьоркьов бищунго ЯгIкъубие вокьулев вас Юсуф вукIарав гIадин, рамазан моцIги буго Жинца рижарал моцIазда гьоркьоб бищунго Аллагьасе бокьулеблъун. ЯгIкъуб аварагасул къосун ккарал анцIила цоявго вас, Юсуф аварагасул дугIаялъе гIоло, Аллагьас ﷻ ритIун ккезарун, тIаса лъугьун тарал гIадин, рамазаналъ гьабураб дугIаялъги, тIагIаталъги 11 моцIалъул мунагь-хатIаби Аллагьас ﷻ чурула.

Аварагасул ﷺ хIадис буго  нилъ хIинкъизе ккарабги, ай рамазан моцIалда хурхун бицараб: «Рамазан моцIалъ мунагьал гьариялдаса цIуна-къай гьабе, хIакълъунго, гьеб моцIалъ гьарурал мунагьазухъ гIазаб букIине буго, лъикIал гIамалазухъ щолеб кириялда жиндир кIодолъи бащадаб», - ян. Бищунго захIматаб букIуна мацI-кIалалъул мунагьалдаса цIуни гьабизе. Хасго хирияб моцIалъ мацIалда чIолохъжо базе захIмалъула. Квание кIал къотIараб гIадин, къваригIел гьечIеб харбие мацIги къотIизе бажари кIудияб талихI буго.

ГIали ибн АбутIалибица абуна: «РакIалъ кIал кквей лъикIаб буго, мацIалъул кIал кквеялдаса, мацIалъ кIал кквейги лъикIаб буго, чехьалъул кIал кквеялдаса», - абун.

ТIадегIанав Аллагь ﷻ ТIурайсанаъ магIарда Муса авараггун кIалъалелъул, Аллагьас ﷻ гьесда абуна: «Я Муса, дица МухIаммадил умматалъе кьуна кIиго канлъи, кIиго бецIлъи жидеца чIвазе бугеб. Цояб канлъи рамазан моцIалъул, цояб - Къуръаналъул. Гьединго цояб бецIлъи - хабалъ букIунеб, цояб - ахир къиямасеб къоялъ букIунеб. Къуръан цIалулел рукIаразул хоб гвангъила, рамазан моцIалъ кIалал ккуралги - къиямасеб къоялъ канлъи бугеллъун рукIина», - ян.

Аллагьасул ﷻ вали Суфяну Саврияс бицун буго: «Дун Маккаялда гIумру гьабун вукIана цо чанго соналъ. Щибаб къойил къаде какил гIужда, Масжидул ХIарамалда как базе вачIунаан цо маккаялъулав. КагIба сверун тIавафги гьабун, къаде какги бан, гьев дида аскIове вачIунаан, ва кверги босун, гьикъа-бакъариги гьабун, унаан. Гьедин халат бахъана гIемераб заманаялъ. Гьелдалъун ниж цоцазе цIакъ къиматаллъун лъугьана ва рихьизеги гъира букIунаан. Цо заманалдасан дида лъана гьев чи захIматго унтун вукIин.  Дун гьесде ваккизе ана. Гьес диде васият гьабун гьарана: «Я Суфян, дир вац, дун хведал дуца чуре ва вукъе, дидасан жаназадул какги бай. Дун вукъараб тIоцебесеб сордоялъ, воре нахъе унге, тоге дунго, гьеб бугелъул хварасе бищунго захIматаб сордо. Дир хабада аскIов чIа ва шагьадаталъул рагIаби дида абулевлъун вукIа, Мункар-Накирас гьеб дида цIехелалде», - ян.

ГIемер заман балалде хвана гьев. Гьесул васияталда рекъон, гьев вукъараб тIоцебесеб сордо дица гьесул хабада рогьана. Цо заманалдаса кьижун ккарав дида ахIулеб рагIана: «Суфян, гьев пуланав чи (хварав дир гьудул) дур кумекалде хIажат гьечIо», - ян. Щайин гьикъидал, жавабгьабуна гьес шаввалалъул анлъго кIал кколаанин ва гьелдалъун Аллагьас гьевги хвасар гьавунин абун. Дун ворчIана. Ва сверухъе валагьана.  Щивго чиги ватичIо. ТIадеги вахъун, какичуриги цIигьабун дун гIибадаталде вуссана ва нахъеги кьижун ккана. Нахъеги добго гьаракьалъ гьебго жо ахIулеб рагIун ворчIана. Гьедин такрарлъана лъабго нухалъ ва дида рагIараб гьаракь шайтIаналъул гьечIолъиялда дир ракIги чIана. Гьеб мехалъ Аллагьасе щукруги гьабун, шаввал моцIалъул анлъго кIал кквезе тавпикъ кье, Аллагьиланги гьарулаго, дун рокъове вилълъана. Аллагьас дие гьел кквезе тавпикъги кьуна».

 

ПатIимат ХIасанова

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...