Аслияб гьумералде

Ахирисеб лахIзат – талихIгун

Ахирисеб лахIзат – талихIгун

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ зоб-ракь, дунял, ай кинабго бижана къиямасеб къо чIелалде цебе тIубанго паналъизе бугеблъун. Адамгун ХIавадаса байбихьун Аллагьас ﷻ бижараб инсаниятги букIана паналъулеблъун. Азаралда хадур сонал гIумруялъул кьуниги, мугIрузда бащадаллъун чIахIиял чурхдузул рижаниги, щибаб къавм Аллагьас ﷻ хвел тIаде щолеблъун гьабуна. Хирияв МухIаммад ﷺ аварагцин, жиндие гIоло зоб-ракь бижарав, Аллагьас ﷻ 63 соналъ гурони ракьалда течIо.

 

Жакъа тIолабго дунялалда гIумру гьабун микьго миллиард чи вугин абула. ХIисаб гьабеха, микьго миллиард чи чIаголъиялда тун вуго Аллагьас ﷻ, гьелгиха цояв цоясда релълъинчIев. Жинди-жиндир хасаб тIабигIат-сипатги, гIамал-хасиятги бугев.  Амма бищунго хIикматаб жо, цояб цоясулалда релълъараб гIумру гьечIев. Гьелдаго рекъон, щивав чиясул хвелги букIуна цояб цоялда релълъинчIеб. Щияй эбелалъ лъимерги батIа-батIаго гьабулеб гIадин, цояз захIматго, цояз бигьаго, щивав чиясул хвелги букIуна батIи-батIияб. Цояв бигьаго, берцинго рухIги босун хола, цоял захIматго, гIазабгун хола. Нилъер хирияв МухIаммад ﷺ аварагасул рухI босулеб гIужалъ, гьев гIодана, ва абуна ГIизраиласда, гьадин захIматгойищ дуца дир умматалъул рухI босизе бугебин абун. Жиндие гIоло зоб-ракь бижарав, БетIергьан Аллагьасул ﷻ бищун хирияв ХIабиб МухIаммадицаги ﷺ гьедин абураб мехалъ, нилъеда щиб хIалдай букIина рухI босулеб гIажалъ? Биччараб квасул гъонолъа зазил цIураб гIаркьел къватIибе цIаялда релълъараб букIунила рухI бахъиялъул захIмалъийилан абула.  Аллагьас ﷻ бигьа гьабеги гьеб лахIзат МухIаммадил ﷺ умматалъе ва хвалда ритIун ккезареги киналго.

Лъалей тохтуралъ бицана, жий хIикмалъараб жо кканила, капуравги бусурбанавги чиясул батIи-батIияб къагIидаялъ рухI босулеб куц бихьидал. Гьей гIемерал соназ хIалтIана Россиялъул регионазда ва реанимациялъул отделениязда бихьун буго капурзабазул рухI бахъулеб куц. Гьелъ бицана бищун жий тамашалъараб лъугьа-бахъин кканила Дагъистаналда.

- Больницаялдаса рокъове витIарав цIикIкIараб ригьалъул чиясе, унти бигьалъиялъе дару гьабизе, гьесул рокъое хьвадулей йикIана дун. ГIумруялъул ахирал къоял тIамулев гьев вукIин бихьулебги букIана. Цо къоялъ укол гьабизе бигьалъиялъе нижеца гьев кваранаб хьолбода вегизавуна. Къиблаялдехунги вуссун, кваранаб хьолбода вегарав гьесул рухI босана. РахIаталда, берцинго чи кьижун кколеб гIадаб къагIидаялъ къадаралде щвана гьев. Амма гьесулго гIадаб унти бугев капурчи холелъул кIиго сагIат бан букIана, ай чорхол щибаб лага, хIатIиахадаса тIаде байбихьун сородулаго ва ахирисеб хIухьелги гьев пакъирас, хъолеб хIайваналъ гIадин биччан, рагIарал хIинкъулеб куцалда гьаракьги гьабуна. Нилъер хириясул ﷺ хIадисазда батула лъикIавги квешавги чиясул рухI бахъизе батIи-батIияб сипаталда ГIизраил вачIиналъул бицунеб. Гьел хIадисал цIалулелъул черх гъанцIизабула рекIелъе бачIунеб хIинкъиялъ. Аллагьас ﷻ нилъ гьареги берцинаб сипаталда ГIизраил цеве вачIун рухI босулездасан, - ян бицана тохтуралъ.

Исана февралалда Турциялда ракьбагъари ккедал, гIадамал хвасар гьарулезул къокъабазда гъорлъ хIалтIулезул цояс бицана:

- ГIемерал жаназаби рахъана риххарал минабазда гъоркьа. ХIетIе-квер бекарал, лъукъа-къотIарал, лугби камурал, сипат лъаялдаса арал гIадамалги рахъана къватIире. Амма ккана киналго хIикмалъараб лъугьа-бахъинги. Цо минаялда гъоркь ятана хварай гIадан.  Гьелъул сипат-сураталъе щибго ккараб жо букIинчIо. Гьелъул бетIералда чIвараб кIазцин, гьелъ бухьахъе, щибго хисичIого батана. Берцинго кьижун ккарав чиясулги гьелъул жаназаялъулги щибго батIалъи букIинчIо. Киназего бокьана гьей щияли лъазе. ЦIех-рех гьабидал баянлъана, гьей гIаданалъ щибаб итни-хамизалъ суннатаб кIал кколеб букIараблъи. Ва доб къваридаб къоялъул сардил ахиралдаги гьей сухIуралде яхъарай гIадан, жиндирго как-диналда йикIаго ракьги багъарун, панаяб дунял тун арайлъи.

Пикру гьабурав чи кантIизе гуреб жо Аллагьас ﷻ нилъеда бихьизе гьабуларо. БатIи-батIиял хIалбихьияздалъун Аллагьасе ﷻ бокьула нилъ Аллагьасде ﷻ руссунеллъун лъугьине, исламалъул нухда щула гьаризе, гьелдалъун ахир талихI кьуразда гъорлъ нилъги рукIине. Эбелалъе жиндир лъимер бокьулелдаса 99 нухалъ хириял руго нилъ БетIергьан Аллагьасе ﷻ.

Аллагьас ﷻ нилъее кьураб рокьиялдаги нигIматаздаги данде унеллъун, гьеб бихьулеллъун, рагIулеллъун, лъалеллъун ругебгIан заманалда жаниб, Аллагьасул ﷻ цIуниялда, Гьесул ﷻ рахIматалда гъоркь нилъ рукIиналда щаклъиги гьечIо. Исламалъул нух нилъеца ккуни, цIадав Ибрагьим авараг (гIалайгьи салам) цIунухъе Аллагьас ﷻ цIунизе руго нилъ дунялалдаги, гьелъул ахиралдаги.

 

ПатIимат ХIасанова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...