Аслияб гьумералде

Мунги ворчIуларо…

Мунги ворчIуларо…

Мунги ворчIуларо…

Дунялалда гьабураб гIумруялда рекъараб букIине буго нилъее щолеб ахират. ХIакъикъияв бусурбанчияс гьелда иманги лъола, гьелде хIадурлъиги гьабула.

Руго беразда бихьун гурони божуларин абулелги. Амма «доре» щведал лъазе буго щивасда хIакъикъат. Гьеб кинабго букIин нилъеда кин лъалеб, бераздаги бихьулареб мехалда? Гьайгьай, Къуръан-хIадисаздасан. Къуръан-хIадисалда битIараб гурого букIунаро, Аллагьги сундаго хIалкIолев вуго, Гьесие бокьухъе нигIматги гIазабги кьезе Гьесул хIалкIолъиги буго.

Гьединго, бихьуларебщинаб жо гьечIеблъун букIунаро. КIиабизе, нилъее бералги гIундулги кьун руго дунялияб бихьизеги рагIизеги. Хабалъ бугеб ккола ахираталъул жо ва дунялияб бихьизегун рагIизе кьурал бералги гIундулги ахираталда бугелда хурхунаро ва гьезда гьениб бугеб бихьуларо ва рагIуларо. Лъабабизе, кьижун вугев чиясда макьилъ гIемераб жо бихьула: нигIмат кваналев, борхьица хIанчIулеб, гIодулев, вохулев. Амма кьижарасда тIаде балагьун вугев чиясда щибго бихьуларо, рагIуларо, яги лъаларо. Гьесда бихьичIониги, кьижарасда бихьулеб бугогури нигIматги гIазабги. Гьеб мисалалъ бичIчIизабула бихьичIолъиялъ гьечIолъи тIад гьабуларин абураб гIакълияб къагIида.

Хоб данде къала кIиябго рагIал цоцалъ тункизегIан. Цинги лъикIал гIадамазе гIатIилъула, капурзабазе гIатIилъуларо. Гьебги киназего дандекъала - гIисиназеги чIахIиязеги, лъикIазеги квешазеги. Аварагзабазеги, ГIали-асхIабасул эбел, Асадил яс ФатIиматиеги, хвалил унтуда вукIаго 200 нухалъ Къулгьу цIаларав чиясеги хутIун.

Лагъ хабалъ лъедал, кIиго малаикги (Мункаргун Накир) вачIун, гьикъула дуца щиб абулеб гьав чиясул (МухIаммад аварагасул) хIакъалъулъ абун. Муъминчи вугони, гьес абула гьев Аллагьасул лагъги Гьесул расулги кколин абун. Цинги гьесда абула, мун балагьейин жужахIалда букIараб дур бакIалъухъ, Аллагьас гьелъул бакIалда Алжаналъуб дуе гьаб бакI хисанин абун. Гьесда кIиябго бакI бихьула. Мунапикъав, капурав чи вугони, гьес абула:

- Дида лъаларо, гIадамаз цо жо абулеб букIана, - ян.

Гьеб мехалда гьесда абула дуда лъачIин абун. Цинги гьесда маххул гьецIокъ кьабула, жиназдаги инсаздаги хутIун цогидазда гьебги рагIула (Бухари, Муслим). Цоги хIадисалда буго, гьесда гьикъулила дур БетIергьан щив, дур дин щиб, нужехъе витIарав чи щив абун. Муъминчияс жаваб кьолила дир БетIергьан Аллагь вугин, дир дин ислам бугин, нижехъе витIарав чиги Аллагьасул Расул вугин абун. Капурчияс лъабабго суалалъе лъаларин жаваб кьола.

Сур Исрапил малаикас пула. Гьебги кIиго нухалъ. ТIоцебе пураб мехалъ зоб-ракьалда ругелщинал жал хола, ЖабрагIил, МикагIил, Исрапил, ГIизраил - ункъавго малаик хутIун.

Гьел тIоцебесеб сур пун хадур хола. Гьединго шугьадаазул рухIалги, ГIарш баччулел малаикзабиги, Алжан-жужахI цIунулел малаикзабиги хутIун. Гьединго тIоцебе сур пураб мехалъ кинабго жо паналъизе буго, ГIарш, Курс, ЛавхI, Къалам, Алжан-жужахI, рухIал хутIун. ТIоцебесеб сур пун кIикъого сон ун хадуб кIиабизеги сур пузе буго. Гьеб мехалда хварал гIадамал чIаголъизеги руго.

АрслангIали ГIумаров

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...