Аслияб гьумералде

Жагъаллъизе тоге

Жагъаллъизе тоге

ХIурматиял муъминзаби, хириял диналъул вацал ва яцал. Аварагас ﷺ абун буго: «Нуж кантIе, хIакълъунго, Алжан цIакъ захIмат бихьун гурони жинде щолареб, борхатаб бакIалда бугеб жо буго. ЖужахI абуни, цIакъ бигьаго щолеб, гIодоблъиялда бугеб жо буго», - ян.

 

Аллагьас ﷻ нилъее кьураб бищунго кIудияб нигIматалдасан буго, Авараг ﷺ ритIухъ гьавун, гьесул ﷺ диналда иман лъураздасан нилъ гьари, гьелъиеги тIоцебе нилъеца гьабизе ккола рецц БетIергьанасе ﷻ. ХIакъикъияб иман лъеялъ нилъ рачуна абадияб талихIалде, ай Алжаналде, БетIергьан Аллагьас ﷻ жибги гьеб гьабурал чагIазе хIадурараб.

Аллагьас ﷻ Къураналда абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго рохел буго гьединав чиясе, жинца жиндирго жанисеб рахъ бацIцIад гьабурав, амма талихIкъарав вуго жинца жанисеб рахъ мунагьаздалъун чорок гьабурав», - абун (сурату «Аш-Шамс» 9-10 аят).

Цогидаб аяталда буго (магIна): «Аллагь ﷻ гьедулев вуго заманалдалъун. ХIакълъунго, инсан чIового хутIиялда вуго, жинца Аллагьасда ﷻ иман лъурал, лъикIал гIамалал гьарулел ва гьединго хIакъаб нухдеги сабруялдеги ахIулел рукIарал гIадамал хутIун», - абун (суратул «ГIаср», 1-3 аят).

Щиб жо кколеб иман?

Иман буго, мун ракIчIун божи Авараг ﷺ жиндалъун вачIараб щибаб жо хIакъаб букIиналда.

Иман сунда лъезе кколеб?

Иман гIуцIун буго анлъго жоялдасан: Аллагьасда божи, малаикзабазда, Гьесул ﷻ тIахьазда, киналниги аварагзабазда, къиямасеб къоялда ва лъикIаб букIа, квешаб букIа, батIалъи гьечIого кинабниги лъугьунеб жо Аллагьасдасан ﷻ, Гьес бихьизабураб къадар бугин абун, гьал анлъалго жалазда иман лъей.

Гьаб буго Авараг ﷺ жиндалъун вачIараб жо, гьазул цоялдагIаги инсан божичIони яги ишкал ккани, гьединав чи капурлъула.

РакIалда жаниб бугеб иманалда бараб буго нилъ къиямасеб къоялъ талихI бугездасадай яги талихIкъараздасайищ рукIине ругел абураб жо. Гьединлъидал, нилъеда лъазе ккола, сунца иман загIип гьабулебали ва сунца щула гьабулебали.

Сунца иман загIип гьабулеб?

ТIоцебесеб: инсанасда кIочараб мехалъ сундуе гIоло Аллагьас ﷻ вижун вугевали. Гьабулеб гIибадаталъе кIвахIаллъи баккидал ва Аллагьас тIад лъурал паризаял жалазулъ тасамахIлъи гьабизе лъугьиндал.

Аллагьас ﷻ хириб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Заман щвечIищ иман лъурал чагIазе ракIал хIеккине, Аллагь ﷻ рехсеялдеги, Аллагьасул ﷻ рахъалдаса рещтIараб хIакъаб жоялдеги, ай диналде руссине. Жал рукIинчIого рукIине жидедаса цере арал, жидехъе тIахьал рещтIарал чагIи гIадин, жидер хьулалги халалъун ракIалги риццалъун. Гьединазул гIемерисел руго фасикъзаби», - абун (суратул «ХIадид», 16 аят).

КIиабилеб: мунагьал гьари. Мунагь буго инсанасул бищунго иман загIип гьабулеб жо. Абула мунагьалъ иманалъе зарал гьабулин унтиялъ сахаб черхалъе зарал гьабулебго гIадин.

Салафу салихIинаца абулаан мунагьал ругила, унтиялъ чи хвеялде вачуневго гIадин, мун купруялдеги вачине рес бугел жал абун. (Ибну Аби Дуня, «Аль-Вар’»)

Лъабабилеб: дунял бокьи. Инсанасул иман загIиплъула гьаб дунялалда хадув лъугьине байбихьараб мехалъ. Дунялалъ гьесда кIоченавула Аллагьги ﷻ Аварагги ﷺ ва гьединго гьесда кIочона гьарулел ва гьарурал мунагьал.

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Берцин бихьизе гьабун буго гIадамасе дунялалдехун рокьи – руччабаздалъун, васаздалъун, гIемераб гIарац-меседалдалъун, лъикIал, рекерулел чуяздалъун, боцIиялдалъун ва бекьараб жоялдалъун. Гьеб буго гьаб дунялалъулаб лазат, жибги лъугIизе бугеб, амма Аллагь ﷻ вуго жинда аскIоб руссунеб бакIазул бищун лъикIаб бугев», - абун (сурату «Алу ГIимран», 14 аят).

Мун Аллагьасдаса ﷻ машгъул гьавулеб жо дунял буго, Гьесде ﷻ вуссине дуе кумек гьабулебги ахират буго.

Ункъабилеб: гIемер велъанхъи ва къваригIел гьечIеб калам гьаби. Аварагас ﷺ хIадисалда абулеб буго: «ГIемер релъанхъуге, хIакълъунго, гIемер велъанхъиялъ ракI хвезабула», - абун (ибн Мажагь).

Малик ибну Динарица абун буго: «Дур ракIалда жаниб хъачIлъи баккараб, черхалда свак лъараб, ризкъи дагьлъараб мехалъ дуда ракIалде щва гьеб дуца гIемер къваригIунареб калам гьабиялъ бугеб жо букIин», - ян.

Щуабилеб: квешав чиясулгун гьалмагълъи гьаби. Дуда лъай, квешав гьудул вукIин дур иман загIиплъиялъе гIилла. Гьединав гьудулас кIудияб зарал гьабула инсанасул иманалъе. Гьединавгун хьвадизе байбихьидал дуда жаниса Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи тIагIине байбихьула. Абу Гьурайратица бицана, Аварагас ﷺ абунин: «Инсан вукIуна жиндирго гьудуласул диналда, нуж ралагье лъилгун гьудуллъи гьабулеб бугебали», - абун (Абу Дауд).

Аллагьасде ﷻ унеб нух, ай гIибадат гьабулеб къагIида къваригIаразе гьеб баянаб буго. Гьелде къасд бугезе ва пикру гьабун балагьаразе Аллагь ﷻ цо вукIиналъе далилги балъгояб гьечIо. Кинниги Аллагьас ﷻ, Жиндиего бокьарав чи къосинавула ва хIакъалде тIовитIизеги тIовитIула.

 

ТIагьир ГIисаев, Бавтугъай росдал имам

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...