Аслияб гьумералде

Аманатлъун кьурал лъимал

Аманатлъун кьурал лъимал
Эбел, дида бице бищун хирияб,
Асар кинаб бугеб дуе ракьалда?
Кинаб гьаркьидалъун гьаб дунялалда,
Рогьунеб дуниял, роцIунеб гIумру.
Бице, дида эбел, дуе бокьулеб,
Гьуинаб махI кинаб гьаб гIумруялда?
Лъил къисмат битIидал, дур къисматалъул
Къварилъи кIочонеб гьеб дур рекIеда?!
Хирияй, ракьалда лъимергIан тIокIаб,
Асар бижун гьечIо Аллагьас дие.
Гьезул гьаркьидаса хIажатаб гьаракь,
Дида батун гьечIо гьаб дунялалда.
ЛъимергIан гьуинаб махIго лъаларо,
Гьездаса кIудияб нигIмат лъаларо.
Гьезул къисматалда хIур кIутIичIони,
Дирго къисматалъул бакIлъи лъаларо. 
Лъимеран ахIараб ахIуца гIадин,
Гьаб дир кереналда цIа рекIунаро.
Ракъи – къеч лъалареб рекIел пашманлъи,
Гьел рихьун гурони дир чучуларо.
ЦIуне, Аллагь дуца, ракьалда лъимал,
Дуца аманатлъун нижее кьурал.
Чвахизе биччаге бадиса магIу,
Наслабазул рухIел рекIедаги хъван.

ПатIимат ГIабдулаева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....