Аслияб гьумералде

РачIа нуцIа рагьизе!

РачIа нуцIа рагьизе!

Кинаб бугониги хIалтIи гьабилалде цебе чияс гьелъие къваригIунеб алат хIадурула. Гьеб хIадур гьабичIони, ракIалда букIараб рагIалде бахъунаро яги бащдаб нухда хутIула. Гьелдаго релълъун, муъминчилъун Аллагьасда ﷻ дандчIвай мурад бугев бусурбанчиясеги хIажалъула гьелъие хIадурлъи гьабизе. Гьелъулъ тIоцебесеб галиги ккола тавбу гьаби.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасе кьуралщинал нигIматал рикIкIун бажариларо. Амма гьезулъ мунагь ккун хадуб тавбу гьабизе инсанасухъе ихтияр кьей ккола бищунго кIудияб нигIматазул цоябги МухIаммадил умматалъе бугеб талихIги. Тавбуги буго багьаяб магIданалда тIад лъугьараб чороклъи бацIцIине хIалтIизабулеб лъим гIадаб жо. Лъим хIалтIизабидал чороклъи унеб гIадин, тавбу гьабидал черхги мунагьаздаса гIицIлъула ва Аллагьасде ﷻ буссуна.

Аварагзаби гурелъул, нилъехъа гъалатIал лъугьуна, мунагьаздеги ккола. Амма гьабуралдаса ракI бухIи ва кантIун цоги нухалъ гьелде тIадруссунгутIизе гIакълу хIалтIизаби гьунар гIей ккола чиясулъ бугеб бахIарчилъи. КIудияб букIа, гьитIинаб букIа, кинаб бугониги мунагь ккун хадуб БетIергьанас ﷻ гьеб къабул гьабиларин абуралда релълъарал пикрабиги чорхолъе риччазе бегьуларо.

Аварагас ﷺ абун бугелъул: «БетIергьан Аллагьас ﷻ лагъасул тавбу къабул гьабула гьесул мукъулукъиде рухI щвезегIан», - абун.

Щиб лъалеб, мукъулукъиде рухI щвараб заманалъ кинаб хIалалда нилъ рукIинелали? Гьаб заман буго хехаб гIажал тIаде щун параялъ рухI босун унеб, гьединлъидал, нахъбахъичIого, талихI батулелде пикру гьабун, тавбуялдалъун руссинин БетIергьанасде. Тавбуялъул байбихьи буго Аллагьасда ﷻ божи. Унго-унгояб кагIидаялъ Аллагьасда ﷻ божулевлъун чи вугони, гьесда кIоларо БетIергьанасде гIасилъулеб жо гьабун хадуб ракIбухIичIого вукIине. Цоги, тавбу буго гьабулеб гIибадаталъулъги аслияб, Аллагьасде ﷻ унеб нухалъулъги жиндалъун байбихьизе кколеб гIамал. Гьеб гьабун вачIарав Аллагьасеги ﷻ вокьула.

Къуръаналда абун бугелъул (магIна): «Аллагьасе ﷻ тавбу гьабун руссарал ва рацIцIалъи тIалаб гьабулел чагIи рокьула», - ян (суратул «Бакъара», аят 222).

ГIамалалъулъ тавбу бугев чияс цогидазе заралзиян гьабуларо, жиндаса зарал гьечIев гIадамазеги вокьула. БатIи-батIияб гIамал гьабун гIумру индал Аллагьас ﷻ дун къабул гьавиларо, дилъ тавбуялъе бакIго гьечIоян абуралда релълъарал цо-цо пикраби рачIине бегьула чиясул ботIролъе. Амма гьел руго шайтIаналъул сихIраби, иблисалъул гуккиял.

Аллагь ﷻ разилъаяв ГIали-асхIабас абун буго: «ГIажаиблъи гьабизе бачIуна Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIулев чиясда, жинда цадахъ хвасарлъиги букIаго. Гьеб хвасарлъиги ккола истигъфар тавбу», - ян.

Диналъул агьлу, бусурбаби, Аллагьасул ﷻ рахIматалъул гIатIилъиялъе гIорхъи гьечIо, рорхатал мугIрулгIан, ралъдалъ полопгIан гIемерал мунагьалгун рачIаниги Аллагьас ﷻ лагъзадерил тавбу къабул гьабизе ва мунагьал чуризе бугин ахIулеб буго хирияб Къуръаналда. Гьелдаса кIудияб рохелги гьечIо, нилъее къваригIараб буго пикраби гIодоре риччазарун тавбуялъул нуцIа рагьизе. НуцIайин абуни буго цохIо тункараб килищалъ рагьуледухъ эркенго цебе.

«Мунагьалдаса тавбу гьабурав гьеб гьабизего гьабичIесда релълъун вуго», - ян бугелъул хIадисалда, рачIа гьаб хирияб моцIалда жанир рукIаго нилъеца гьеб нуцIидухъан жанире лъугьине гали тIамилин.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...