Аслияб гьумералде

Дунялги ахиратги щвезе бокьани

Дунялги ахиратги щвезе бокьани

Истикъама абураб жо щиб кколеб? Гьеб буго диналъ абураб куцалда гIумру тIами. Истикъамаги буго Аллагьасде гIагаразулъ букIунеб пиша. Щайин абуни, Аллагьас абухъе хьвадулел гьел рукIиналъ, ай напсалъулгун рагъги бан.

Гьелъулъ хIакъалъулъ гIалимзабазги гIемер бицана. Абу Бакрица абун буго истикъама бугин ТIадегIанав Аллагьасе гIахьаллъи ккунгутIиян. ГIумар асхIабас абуна истикъама кколин Аллагьас амру ва нагью гьабураб жо тIубазабиян.

ГIусман асхIабица абуна нужеца истикъама цIунейин, ай ТIадегIанав Аллагьасе гьабулеб гIамал бацIцIадго гьабейин абун. ГIалица ва ибну ГIаббасица абуна истикъама кколин паризаял жал тIурай.

Абу ГIалияца абуна нужеца истикъама гьабейин, гьеб кколин Аллагьасе гIоло динги, дагIватги, гIамалги бацIцIад гьабиян. ХIарисул МахIасибияс абуна истикъамалъул аслу лъабго жоялъулъ бугин: Къуръаналдаги хIадисалдаги нахъвилълъиналъулъ ва жамагIатгун вукIиналъулъян.

Цо-цо гIалимзабаз абуна истикъама кколин исламалъул нухда чIейилан. Вализабазул цо-цояз бицана: «Истикъама кколевлъун вукIа, карамат тIалаб гьабулевлъун вукIунге. Напсалъ хIаракат бахъула карамат тIалаб гьабизе, кинниги БетIергьанас дудаса тIалаб гьабула истикъамат», - ян.

Цоги абуна: «ГIамалазул бищун рекъараб буго кIолеб мехалъ я дагьаб, я цIикIкIинабичIого гьаби. Гьеб ахIвалазул бищун данде кколебги буго. Щайин абуни, дагьаб гьабуни – пашманлъизе бегьула, гIемер гьабуни - рехун тезе рес буго. Гьединлъидал цоцоял гIемер гIибадат гьабизе лъугьуна, амма дагьаб хадуб хIехьезе кIвечIого тIубанго рехун тола. Гьелдаса лъикIаб гьечIищ рекъовутIа, чIалгIинчIого цо ккураб хIалалда гьабуни? Гьелъул мунпагIат цIикIкIараб буго», - ян. Нилъер тавакал гIуни ахираталде руссине, гьелъул асаралъ дунялалъул бечелъи кьола.

Гьелда хурхун бану Исраилазул заманалда ккараб къиса рехсела. Бану Исраилазул заманалда диналда тIад чIарал росги чIужуги рукIуна. Гьеб заманалъул аварагасухъе ТIадегIанав Аллагьас вахIю рещтIуна ва абула: «Дуца абе дир лагъасда бащдаб гIумру бечелъиялда, хутIараб пакъирлъиялда тIамилин.

Бечелъи гIолохъанго бищани - гьеб кьелин, херлъидал бищани - гьебги кьелин. Гьес бечелъи бищула херлъиялъе, гIумруялъул ахиралда гIибадаталдаса хIалтIиялъ гьев машгъул гьавичIого вукIине. ЧIужуялъ бечелъи гIолохъанлъиялъе бищула, щайин абуни гьелъул гIолохъанго йикIаго кIиябго гьабизе къуват гIолеб букIиналъ.

Херлъараб мехалъ рекъола Аллагьасде руссун гIибадаталда ва зугьталда чIезе. Цинги ТIадегIанав Аллагьас аварагасухъе вахIю битIула дуца гьезда абейин: «Нужеца Дие тIагIат гьаби кибго бищидал ва цIакъги бахъараб мехалъ гьеб гьабизе, Дица тIубараб гIумру нужер тIамила бечелъиялъулъ, дунялги ахиратги нужее щвезелъун», - ян.

Гьаб къисаялъул магIна, гьел кIияздаго кIочон течIо ахират, ай Аллагьасе гIибадат гьаби, гьелъул ургъел гьабиялъ Аллагьас гьезие дунялги ахиратги кьуна.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...