Аслияб гьумералде

Ва, Адамил лъимер...

Ва, Адамил лъимер...

Ва, Адамил лъимер...

Ва, Адамил лъимер, щив вугониги Дун ракIалде щун Дие тIагIат гьабиялдалъун, Дида гьевги ракIалде щола Дир рахIматалдалъун, щив вугониги Дун ракIалде щун Диде гIассилъиялдалъун, Дида гьевги ракIалде щола Дир рхIматалдаса рикIкIад гьавиялдалъун, Дир лагъ, Дие тIагIат гьабиялда мун даимлъе, дуцаги те Диде гIассилъи.

 

Ва, Адамил лъимер, дуца паризаял жал тIоритIе, гIассилъулел жалги дуца рикIкIад гьаре, мунги разилъе Дица дуе кьураб жоялда, мунги вукIа хвалде къачIан, мун ахираталда Дир хиралъи-рахIматалде щвезе.

Ва, Адамил лъимер, щив вугониги жинца мунагь гьабун, велъулаго, гьев жужахIалъуве лъугьуна, гIодилаго; щив вугониги жинца гIодилаго лъикIаб гIамал гьабун, гьев алжаналде лъугьуна велъанхъилаго.

Ва, Адамил лъимер, бахIарлъиялда божун, гьанжего хвеларин абун вукIунге, чан гIолохъанчи вугев жиндир хвел цебе ккарав, жиндаса хералги дунялалда хутIун.

Ва, Адамил лъимер, чан чи вугев дунялалъул боцIи жинца бакIарарав, цинги живги хварав, жинца доб боцIиги тарав жидее боцIи данде гьабиялъе гIоло жиндие шукру-рецц гьабуларел варисзабазе ирсалъе бикьизе, ахираталда гьеб боцIиялъул хIисабги жиндаго тIадги хутIун; дунялалъул боцIиялдалъун мун вохуге, дунялалъул боцIиялъ мун гуккула, дудаса цере рукIарал гIадамал гуккарал гIадин. Дица щибниги халкъ бижичIо гьеб дунялалдаса Дие гIодобегIанаб, дуца гьеб дуниял те, гьеб дуниял питна буго жиб бокьарав чиясе, балагьги буго, гьеб данде гьабурав чиясе; Аллагьасда ﷻ аскIоб кIкIараялъул кваркьиялданиги бащадаб жолъун дунял бугебани, Аллагьас ﷻ капурчиясе дунялалъул лъедаса цо къулчIараб жоцин гьекъезе телароан. Дица гьаб кинабго дунял бижана ургъел-пашманлъилъун.

Ва, Адамил лъимер, Дица ахират бижун бугебани, ганчIидаса я хIащудаса (жиб нахъе хутIулеб), Дица дунялги бижарабани месед-гIарацалдасанги якъуталдасанги (жиб паналъулеб), гьеб мехалдаги дуда тIадаб букIинаан, нахъе хутIулеб ахираталде хьул лъун гIамал гьабизе, паналъулеб дунялалъул гIамалги тезе.

 

МухIаммад Къебедов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...