Аслияб гьумералде

Хасел киндай тIамила?

Хасел киндай тIамила?

Хасел киндай тIамила?

Гьале тIаде щвана гьогьомараб замана. Щибаб мехалъул букIуна жинди-жиндир хаслъи. Масала, хинаб мехалъ лъикIал ресал рукIуна магIишат-яшавалъе. Гьеб заманалда нилъеца кутакалда хIаракатги бахъула гьелъие.

 

Щайгурелъул, нилъеда якъинго лъала гьеб заманалда кIвар гьабичIони бачIин ва хайир гьечIого хасел тIамизе кколеблъи. ХIатта кинабго къуват ва кIвар гьелде буссинабула. «Сезон» абураб ахIиялда гъоркь хIалтIулаго хIухьбахъи гьабиги свакги лъаларо нилъеда. Инхоса ГIалихIажиясги абун гьечIищха: «ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарас, бекьичIого лъилъе нилъ гьечIого хур», - абун.

Кутакалда битIараб буго, хIатта тIехь бакьулъа рагIаби ругин абизе бегьула. ХIалтIичIев кваналаро, кваначIесул гIумруги халат бахъунаро.

Гьаб бугоха дунялалъул мисал. Гьениб цадахъ букIине, рухI хвасарлъизе къваригIунеб къадарги цIакъ дагьаб жо буго. Гьелъиецин гьебгощинал хIалтIизе кколел нилъ, гьединги гIорцIунги рахъунарел гьелдаса. Гьелде тIадеги бащадаб гIумру чиясул уна гьитIинлъиялда, хадуб цIалиялда ва гьебгощинаб къоги бихьун инсан лъугьуна хутIараб бащдаб гIумруялъе бетIербахъи балагьизе.

Гьедин тIалаб гьабулеб дунялалъул магIишат, гьедигIан дагьаб заманалда бетIербахъи-рахIаталъе, абадияб рукъалъе дагьабги цIикIкIун гьабизе ккеларищ. Гьаб дунял ахират къачIалеб бакI гурищ кколеб? Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дунял буго – ахираталъул хур», - абун. Нилъеда кколеб буго гьанир рукIунеб бакIин гьаб. КантIулел гьечIо гьабсагIаталдаги цадахъ чай гьекъолел рукIарал гIадамал хваниги, эбел-эмен, вац-яцал ратIалъаниги. Чармидасаги къвакIизарун руго ракIал щибго ургъел тун гьарулел мунагьаз. Гьел ракIал тамах гьариялъе бугеб даруги ккола БетIергьанасе гьабулеб гIибадат.

ГIемерисеб замана унеб буго магIишаталда хадур хачадилаго, хасалил халатал сардал я кьижун, яги телевизоралда, компюторалда цере чIун унел руго. Чанги гIолохъаби руго компьюторалда нахъа кIусун сордо рогьунел. ГIибадат гьабулаго рогьинищ абуни, гьез абизе буго кинин кIолеб гьедин сордо рогьине. Нилъ кутакалда гъапулго руго, рекерун унаго бараб как гурони тIокIаб гьабулеб гIамал гьечIо. Гьебни гьечIин тезе бегьилаан, гьабичIого хутIиялда мукIурлъи, гьелда хадуб ракIунтигIаги букIарабани. Чангияз абулеб рагIула, къол щуябго какги балила, кIвараб садакъаги кьолила, тIокIабги щибилаха къварагIунеб инсанасеян. Гьаб дунялалъул рокъоб гIумру гьабизе ккани инсан хIажалъула гIемераб алат-къайиялде, бугьун-гIучIалдаса бахъараб рикIкIани, гьелъул сияхI цIакъго халалъила. Гьединабго, гьелдаса халатаб, абадияб гIумру гьабизе унел чагIи нилъ рукIиналде кантIулелго гьечIо, гьениб кигIан гIемераб тIагIелдай къварагIинаян пикруго гьабуларо.

ХIурматиял диналъул агьлу, гьал хасалил сардалгIаги гIадада риччачIого рукIине рачIа хIаракат бахъизин. Дагьабниги эрккенаб заман гIибадаталда тIобитIизе кколеблъиялда тIад ургъилин!

 

МухIаммад ГIабасов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...