Аслияб гьумералде

Рокьи кутакаб жо…

Рокьи кутакаб жо…

Рокьи кутакаб жо…

Дунялалъул рокъоб гьудулзаби камурав чи вукIунев ватиларо. Кинав гьудул дур ватани, мунги гьесдаго релълъарав вукIунин абула. Гьесул динги гьесда бараб букIуна, щайин абуни, хIал цоцазде бахунеб букIиналъ. Нилъеда гьеб бихьараб жоги буго. Масала, квешав чигун вугони, чара гьечIого квешал жал гьарула.

ГIиса аварагас абуна: «Дуе рокьуге гIасилъиялъул агьлу, гьездаса мун рикIкIалъе», - ян. Гьесда гьикъула, щалгун ниж рукIинелин абун? Гьес абула: «Нуж рукIа гьел рихьидал Аллагь ракIалде щолел, гьезул кIалъаялъ нужер гIамалазе асар гьабулел ва ахираталде хьул лъезабулел чагIигун», - ян.

ГIумар ибну ХатIтIабица абуна: «Диналъул вацасдаса дуе рокьи щведал, дуца гьеб щулаго кквей. ЦIакъ къанагIатаб жо буго гьеб», - ян.

Халгьабе, ГIумар-асхIабас жиндир заманалда гьедин абун батани, нилъер заманалда щиб хIал букIунеб? Жакъа гьединав чи щвей кIудияб талихI буго. Гьелъухъ гьес ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ щукруги гьабизе ккола. Гьеб кIудияб нигIматлъунги ккола. Щукру гьабидал Аллагьас ﷻ нилъее гьеб нигIмат цIунула ва цIикIкIинабула.

ГIали-асхIабас абуна: «Вац гьечIев янгъизав чи вуго», - ян. Рияъ гьабулев чиясулгун я рокьи я вацлъи букIунаро.

Нилъее щал рокьулел ругелали халгьабизе ккола. Гьелдаги гIемераб бараб жо букIуна. Аварагасул ﷺ хIадис бугелъул: «Нуж рукIине руго къиямасеб къоялъ нужее рокьаралгун», - ян.

ГIабдуллагь ибну МасгIудица абуна: «Цо чияс 70 соналъ КагIбаялда, Ибрагьимил макъамалда жаниб ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабуниги, гьев тIаде вахъине вуго жиндие рокьаралгун», - ян.

Ибну ХIиббаница абуна: «Квешал чагIигун гIодорчIеялъ лъикIал чагIаздехун квешаб пикру бижизабула», - ян.

ХIакъикъаталда расги лъачIого гьедин батизеги батула гьеб. Щайин абуни, гIемераб мехалда цого жо бициндал, рекIее асар гьабичIого толаро ва гьеб хIалги тIаде бачIуна. ЛъикIал чагIигун вугони, лъикIлъула, квешалгун вугони, квешлъула. Чара гьечIого гьез гьабураб квешлъи гьабизе мунги ахIула. Гьелъин вализабаз, шайихзабаз насихIат гьабулеб букIараб лъикIаб агьлу кквейин абун.

ЖагIфару Садикъас абуна: «Аллагьасе ﷻ лагъ вокьидал гьесие лъикIаб тIабигIат кьола», - ян.

Фузайлица абуна: «Вацасде рокьи ва гурхIел загьир гьабун балагьи гIибадат ккола», - ян. Гьединлъидал диналъул вацаз цоцазе насихIат гьабизе ккола ва мекъи ккараб бакIалда ритIизаризеги тIадаб буго.

Сайф бин АсбатIица абуна: «ЗулмучагIазе нужеца дугIа гьабуге, щайгурелъул, гьел ккола Аллагьгун ва авараггун рагъ балел чагIи. Кинниги нужеца бусурбабазе дугIа гьабе, гьездасан гьел ратани, гьезиеги щвезе буго дугIадул бутIа», - ян.

Имам Мужагьидица абуна: «Цоцазе рокьулел вацал дандчIвайдал, гьездаса мунагьал гъуна хасало гъотIодаса тIамах гъунеб гIадин», - ян.

Муса аварагас Аллагьасда ﷻ цIехола: «Я дир БетIергьан, Дуе тIагIат гьабулеб агьлу рокьани, щиб жазаъ бугеб?», - ян БетIергьанас ﷻ абула: «Я Муса, Дие тIагIат гьабулеб агьлу бокьарасе Дица жужахI хIарам гьабула», - ян.

ГIумар ибну ХатIтIабица абуна: «Аллагьас ﷻ дуе ризкъилъун кьедал рокьи загьир гьабулев бусурбанчи, гьев дуца ккве», - ян.

АхIмад бин ХIарбица абуна: «Бищунго лъикI инсанасул рекIее асар гьабулеб жо гьечIо лъикIал чагIигун вукIиналдаса ва гьезул гIамалазухъ халгьабиялдаса. Гьединго инсанасул рекIее зарал гьабулеб щибго жо гьечIо квешалгун вукIиналдаса ва гьезул гIамалазухъ халгьабиялдаса», - ян.

Гьаниб бицараб борцине бегьула жакъа интернеталдасан рихьизарулел кколарел жалазда. Щайин абуни, гьезухъ балагьулеб букIиналъ. Гьелъ квешаб асар гьабун гурони, лъикIаб жо щибго гьабуларо. Амма рукIуна гьезухъ балагьунин абун щибго кколарин абулелги. Гьел ккола жалго жидецаго махсароде кколел чагIи.

Цоцаде рокьи бачIинабулел сабабал гIемер руго. Гьезда тIадчIей гьабуни, нилъее рекъарабги буго. Масала, сайгъатал кьун, салам тIибитIизабун, кваназе ахIун, гьоболлъи гьабун, гьезул хIажатал тIуран.

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...