Аслияб гьумералде

БетIергьанасул сайгъат

БетIергьанасул сайгъат

ТIадегIанав Аллагьас Рамазан моцI кIодо гьабуна Лайлатул къадриги кьун. Хирияб Къуръаналда гьеб сордоялъул хIакъалъулъ сураги буго. Гьелда жаниб гьеб сордоялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ бицунеб буго. Гьелъул магIна нилъеда бичIчIизе сура рещтIиналъул хIакъалъулъ дагьабго бицинин.

 

Цо къоялъ Аварагасдаги ﷺ асхIабзабаздаги рагIана ЖабрагIил малаикас бицунеб хабар. Гьес бицунеб букIана бану исраилазул ШамгIун Гъази абурав бахIарчиясул хIакъалъулъ. Гьев вукIана сардал Аллагьасе ﷻ гIибадаталъе, къоял 80 соналъ капурзабигун вагъулаго риччарав ва гьезда цониги нухалъ къуркьизеги гьавизе жив кIвечIев багьадур. Гьесие гьекъезе бокьидал цабзазда гъорлъан гьуинаб лъим, кваназе бокьидал кIалдиб гьан бачIун гIорцIизавулев вукIун вуго Аллагьас ﷻ гьев. Вагъун гьев къезавизе кIвечIел тушбабаз гьесие хIилла-макру ургъана. ШамгIун чIвазелъун гьесул чIужуялъе гIемераб гIарац-месед кьуна. Амма ШамгIун чIвазе гьей разилъичIо, кинниги кумек гьабилин абуна. ШамгIун кьижидал гьесул кверал ва хIатIал рухьине квар кьуна гьесул чIужуялъухъе.

Макьидаса ворчIарав ШамгIуница гьикъана: «Лъица дун вухьарав?» - илан. ЧIужуялъ абуна: «ГIарац щвезелъун дица вухьана», - ян. Гьеб мехалъ ШамгIуница хIал гьабун кверал ва хIатIал цIазаридал, квар тIун бачIана. Тушбабаз гьебсагIаталъ синжиралъ (маххул рахас) вухьана гьев. Кварие ккараб жо синжиралъеги ккана. Гьелда хадуб ШамгIуница чIужуялда абуна: «Дун вуго Аллагьасе ﷻ вокьулев вали. Гьединлъидал гьаб ракьалда тIад цониги жоялда дида тIад бергьенлъи босизе кIоларо гьал дир расал сабаблъун гурого», - ян.

Хадусеб къоялъ гьев кьижун ккедал чIужуялъ гьесул магжидаса 8 рас тIуна. 4 расалъ хIатIал, 4 расалъ кверал рухьана. ВорчIидал ШамгIунида кIвечIо гьениса ворчIизе. Гьеб хIалалда рос вихьидал чIужуялъ гьесул тушбаби ахIана. Тушбабаз хъалаялъувеги вачун гьесул хIатIал, кверал, мацI ва гIундул къотIана. Жеги тIаде бералги рахъана. Цинги ЖабрагIил малаикас ШамгIунихъеги рещтIун абуна: «Щиб дуе бокьун бугеб?» - илан. ГьебсагIаталъ киналго тушбаби хъалаялъуре ракIарун рукIана. Гьес абуна: «Дие бокьилаан гьаб хъала гьаргьадизабун гьелда жанир ругел тушбабазде тIаде бортизабизегIанасеб къуват Аллагьас ﷻ дие кьезе», - ян. Аллагьас ﷻ дугIаялъе жаваб гьабун хъала тушбабазде тIаде бортизабуна. ШамгIунил чIужуги киналго тушбабиги хъалаялъ чIинтIизарун хвана. Живго ШамгIун чIаго хутIана. Аллагьас ﷻ тушбабаз къотIарал киналго лугбал нахъруссинаруна. Гьелда хадуб 1000 моцIалъ ШамгIуница къаси-къад чIечIого Аллагьасе гIибадат гьабуна. Къаси гIибадат гьабун, къоялъ кIалал ккун.

ЖабрагIил малаикас гьеб хабар бициндал асхIабзаби гIодана. Гьезиеги бокьана гьедин 1000 моцIалъ гIибадат гьабун щолеб ажру жидееги щвезе. Гьез Аварагасда ﷺ гьикъана: «Гьединаб ажру щвезе нижеда кин кIолеб?» - илан. Гьеб мехалъ Аллагьас ﷻ кьуна нижее Лайлатул къадрги, гьелъул хIакъалъулъ бицун сураги рещтIана. Сахаб сордо гIибадаталъе биччазе нилъеда кIолеб гьечIони, гьелъул лъабил бутIагIаги биччазе нилъеца цIакъ жигар бахъизе ккола. Гьеб сордоялъ рахIматал рикьулел малаиказаби ракьалде рещтIуна. ЩайтIабазда рахсал рала гIадамазе зарал гьабиларедухъ. Гьеб сордоялъ ракьалде рещтIуна гIемерал малаиказаби. Зодобе рукIкIен рехани гьезул цоязул ботIроде гьеб бортулеб хIалалъ гIемер. Гьел киналго малаикзабаз Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабун, какал ран, Къуръан цIалун, дугIа гьабун ругел гIадамазе мунагьал чури тIалаб гьабула.

Рогьел баккидал ЖабрагIил малаикас киналго малаикзаби жиде-жидер бакIалде ахIула. Цинги гьез ЖабрагIилида гьикъула: «Иман лъурал гIадамазул мунагь чуриялъе нижеца дугIа гьабиялда тIасан Аллагьас ﷻ щибин абураб?» - илан. ЖабрагIилица абуна: «Киналго иман лъурал гIадамазул Аллагьас ﷻ мунагь чурана 4 тайпаялъул хутIун: Рамазан моцIалъ гьекъолдулезул, эбел-инсухъ гIенеккуларезул, гIагарлъи цоцадаса тIезабулезул ва диналъул вацгун 3 къоялдаса цIикIкIун барщулел гIадамазул хутIун», - ян.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе...


БакI теларо

Нилъер гIумруялъулъ рукIуна гIадатияллъун рихьулел, амма Аллагьасда цебе кIудияб кIвар бугел жал. Гьединал, кIочон тарал суннатазул цояб ккола как балеб мехалда мухъал ритIизари. ГIемерисез гьеб кIвар кьечIого тола, гьеб битIахъего нилъер какил даражаялда ва гIадамазда гьоркьоб бугеб цолъиялда...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...