Аслияб гьумералде

Унго-унгояб рокьи

Унго-унгояб рокьи

Рокьи ккола ТIадегIанав Аллагьас гIадамазе кьурал бищунго кIудиял рекIел асаразул цояб. Амма унго-унгояб бусурбабазул рокьи дунялалъул рокьиялдаса батIияб буго: гьеб букIине ккола Аллагьасе гIололъун. Аллагьасул Аварагас абуна: «Аллагьасе гIоло вокьарав, Аллагьасе гIоло рихарав, Аллагьасе гIоло кьурав, Аллагьасе гIоло нахъе чIварав – иман камилав вуго» (Абу Давуд). Гьел рагIабаздасан бихьулеб буго инсанасул рекIел хIал ва ишал Аллагь рази гьавизе нияталда ругел мехалъ гурони иман тIубараб букIунареблъи.

 

Живго Аллагьасул Расул ﷺ мисаллъун чIола нилъее гьединаб рокьиялъе. АсхIабзабазулгун гьесул гьоркьоблъи гIуцIун букIана Аллагьасул цIаралдалъун ракIбацIцIалъиялда ва вацлъиялда тIад. Гьес абуна: «Дица Аллагь гурев чи гьудуллъун кколев вукIаравани, дица Абубакар кквелаан», - абун (Бухари, Муслим). Гьел рагIабаз нугIлъи гьабула гьезда гьоркьоб букIараб гъваридаб рокьиялъе ва божилъиялъе. Аварагасул ﷺ ГIумар-асхIабасдехун бугеб рокьи бихьулеб букIана гьесул хIукму къотIиялъул бажариялъул адаб гьабиялдалъун - гIемерал вахIяби данде кколаан ГIумарица цебелъураб жоялда. ГIалил хIакъалъулъги Аварагас ﷺабуна: «Мун дидасан вуго, дунги дудасан вуго», - ян, гьезул хасаб рухIияб гIагарлъиялда тIадчIейги гьабун.

АсхIабзабазул гIумруялъулъги нилъеда рихьула Аллагьасе гIоло рокьиялъул мисалал. Абубакарица жиндирго кинабго бечелъи къурбан гьабуна Аварагасул ﷺ ва исламалъул рахъкквеялъе, Аллагьасдехун бугеб рокьи дунялалъул жалазда ругьунлъиялдаса тIадегIанаб букIин бихьизабулаго. Ансараз Маккаялдаса рачIарал мугьажирал лъикI къабул гьарулаан ва гьезул рукъзалги мал-мулкги гьезда цадахъ бикьулаан, жалго мискинго рукIаниги. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда рехсана гьеб (магIна): «Жалго цIакъ ракъун-къечон ругониги, жидеца диналъул вац тIаса вищун гьесие хIажатаб жоги кьолел…» (сура «Ал-ХIашр», аят 9). Гьеб буго Аллагьасе гIоло гьабулеб вацлъиялъул бищунго кIудияб мисал.

АсхIабзабазул биценаз нилъеда малъула Аллагьасе гIоло бугеб рокьи цогидаздехун бугеб ракIбацIцIадаб бербалагьиялдалъун загьирлъулеблъи: квербакъиялдалъун, кумек гьабиялдалъун, адаб-хIурмат гьабиялдалъун, тIаса лъугьиналдалъун. Гьелъ жахIдаялдаса ракI бацIцIад гьабула, уммат щула гьабула. Аллагьасе ﷻ гIоло унго-унгояб рокьи ккола муъминчи хъулухъалъухъ, бечелъиялъухъ, сипат-сураталъухъ гуреб, гьесул такъваялъухъ, иманалъухъ, ракIбацIцIалъиялъухъ вокьи.

Аллагьасе гIоло бугеб рокьи ккола ракIал цолъизарулеб нур. Гьелъ бусурбаби къуваталлъун, рацIцIадаллъун, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъиялде гIагараллъун гьарула. ГIагарал чагIазулгун, гьудулзабазулгун, динцоязулгун нилъер гьоркьорлъаби гIуцIарал рукIаги Аллагьасе гIоло ракIбацIцIадаб рокьиялда тIад щулалъаги. Гьединаб рокьи абадияблъун хутIула ва гьелъ инсан алжаналде вачуна.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...