Аслияб гьумералде

ГIидалъул къо

ГIидалъул къо

Исламалда гIидалъул къо ккола цIакъ хирияб къо. Гьеб хирияб буго рамазан моцIалъул гIидалдасаги. Гьеб къоги ккола зулхIижалъул 10-абилеб къо. ГIидалъул къоялдаса хадур рукIунел лъабго къоялда абула ташрикъалъул къоялинги.

 

Гьеб къоялъул хиралъи

«ИтхIафалда» хъван буго: «Гьаб умматалъе гьеб гIидалъул кIвар буго ГIарафа къоялъ ва гьелдаса цебесеб къоялъ гIемерал лагъзал жужахIалдаса тархъулел рукIиналъ. Рамазан моцIалдаса хадуб бугеб гIидалъ тархъулелго гIадин. Щайин абуни, гьелдаса гIемер жужахIалдаса гIадамал тархъулеб къо букIунгутIиялъ».

Кинха рохиларел бусурбаби, гьеб кIиябго гIидалдаса, жужахIалдаса гIемер чи хвасарлъулеб мехалъ?

Гьеб гIидалъул къоялъ бакъ баккидал бусурбабаз борхун гьаракьгун такбир бачуна. Такбир бихьиназ борхун бачуна къватIиб, мажгиталда ва рокъоб. Руччабаз бачуна бигьагьабун. Такбир бачуна щибаб какда хадуб, какил азкаразда цебе, хIатта жаназалъул какалда хадуб, ахирисеб ташрикъалъул къоялъ бакъанил как бан лъугIизегIан.

ГIидалъул сордо суннатаб буго гIибадаталда тIобитIизе. Гьеб сордоялъ Аллагьас ﷻ жиндирго лагъзадерил дугIаялъе жаваб гьабула. «ГIидалъул сордо гIибадаталда тIобитIарав чиясул ракI Аллагьас ﷻ чIаго гьабула, ракIал холеб къоялъ», - абун (Ат-ТIабарани).

ТIубараб сордо гьедин тIобитIизе бажарулеб батичIони, 1/3 бутIа тIобитIун тела. Гьебги бажарулеб гьечIони, рогьалил как жамагIаталда бала.

 

Гьеб къоялъ гьабизе лъикIаб

«ХIашияту Ширкъавиялда» хъван буго: «ГIидалъул сордо тIобитIиялъул бищун дагьаб буго рогьалил ва боголил как жамагIаталда бай. Сордо бащалъун хадуб ва какда цебе суннатаб буго черх чуризе. Гьелъие ният гьабила суннатаб черх чуризе», - абун.

Гьединго лъикIаб буго малъал къунцIизеги. ПалхIасил, рацIцIалъи гьабила. Какде иналде цебе ретIила бацIцIадаб ретIел, гьабила берцинаб махI. РетIел хъахIаб ретIинеги хирияб буго. Амма гьелдаса лъикIаб, багьаяб ретIел батани, гьеб хирияб буго.

ГIумар бин ГIабдулгIазизида гIидалъул къоялъ вихьун вуго басрияб ретIел ретIарав цо вас. Гьеб бихьарав ГIумар гIодун вуго. Васас абун буго щайин мун гIодулевилан. ГIумарица жаваб кьун буго, дун хIинкъун вугин дур ракI хвезабилин гIидалъул къоялъ лъималаз, мун гьеб ратIлилъ вихьидал. Васас абула: «Я, муъминзабазул бетIер, инсанасул ракI хвезабула Аллагьас ﷻ кьураб жоялда рази гьечIесул яги эбел-инсуе гIакъуба кьолесул. Дир хьул буго дур разилъиялдалъун Аллагь ﷻ дидаса рази вукIиналда», - ян. ГIумар гIодула ва гьесда къвалги бала, гьесул беразда убачги гьабула, гьесие дугIаги гьабула. Гьелдаса хадуб гьев вас лъугьуна гIадамазда гьоркьов дунял таравлъун.

 

ГIидалъул как

Суннатаб буго хехго гIидалъул какде ине. Гьениве ине лъикIаб буго халатаб нухккун, нахъвуссунаго къокъаб нухдасан вачIина. ГIидалъул какил буго кIиго ракагIат. Гьелъие ният гьабулаго тIадаб буго «къурбан къоялъул какин» абизе.

ГIидалъул как буго лъагIалида жаниб цо нухалда бачIунеб жо. Гьелде кIвар кьезе ккола. Амма гьоркьоб биччани, бецIизе хIаракат бахъила.

Сапаралда вугев чиясеги базе лъикIаб буго.

ГIидалъул как байбихьула «Аллагьу акбар» абун, гьелдаго цадахъ ракIалъ ниятги гьабун. Ният гьабула гьадин: «Дица ният гьабуна суннатаб кIиго ракагIат базе къурбан къоялъул». Хадуб цIалула Важагьту. ТIоцебесеб ракагIаталда цIалула 7 нухалъ такбир, щибаб нухалъ квералги рорхун, Важагьтуялда хадуб ва агIузу бахъилалде цебе. Гьел такбиразда гьоркьоб абула: «СубхIана-Ллагьи вал-хIамдули-Ллагьи вала илагьа илла Ллагьу, ва-Ллагьу акбар», - абун. Гьел такбиразда хадуб цIалула сура ал-ФатихIа. КIиабилеб ракагIаталда такбир цIалула 5 нухалъ. ТIоцебесеб ракагIаталда релълъун такбир бачун гьоркьоб тасбихI цIалула. Гьеб лъугIун хадуб имамас хутIба гьабула. ТIоцебесеб хутIбаялда имамас 9 такбир бачуна ва кIиабилеб хутIбаялда 7 бачуна. Цинги гьеб хутIбаялда жаниб гIадамазда къурбан къоялъул ахIкамал малъула.

 

Къурбан хъвей

Къурбан къоялъ хъола хъолеб жоги. Гьелъул гьанги бикьула хIажатал чагIазе. Гьеб къоялъ гьоболлъухъе уна гIагарал чагIазухъе, мадугьалзабахъе, гьудулзабахъе. Цоцада баркула ва рохел загьир гьабула. Къурбан хъвей ккола аварагас ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб суннат.

Къурбан жинцаго хъвезеги суннатаб буго.

ГIидалъул къоялъ къурбан хъвей буго цIакъ кIудияб кири бугеб жо. ГIали-асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго: «Къурбан къоялъ хъвезе жо балагьизе вахъарасе гали рикIкIун хъвала 10 кири ва чурула 10 мунагь. Бичун босулеб мехалда гьабураб каламги тасбихI гьабураб гIадин хъвала. Кьураб гIарац хъвала 700 лъикIаб гIамаллъун. Хъвезе байбихьидал гьеб бакIалдаса анкьалго зобалазде щвезегIан кинабго махлукъаталъ гьесул мунагьал чури тIалаб гьабулеб букIуна. ТIураб би рикIкIун малаик вижизе вуго ва гьез гьарула къиямасеб къо чIезегIан гьесул мунагьал чури», - абун.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...