Аслияб гьумералде

Китаязул чамасдакI

Китаязул чамасдакI

Китаязул чамасдакI

«Унаби» абураб жо щиб кколебилан гьикъани, Азиялъул улкабазул тохтурзабаз гьеб бицуна. Гьединаб цIаралда гъоркь машгьурлъараб пихъ ккола гьеб Китаялъул ва Гьоркьехъеб Азиялъул медицинаялда. ГьелдагIан гIемерал цIаралги цогидал пихъазда ратиларо. Гьелда абула «ююба», «зизифус», «анаб», «илан жида», «жужуба» ва «унаби» абун.

 

«Унабиялъул» пихъ ва тIагIам цIакъго чамасдакIалда релълъараб букIиналъ гIадамазда гьеб лъала «китайский финик» абураб цIаралда гъоркьги. Гьелъулъ руго гIемерал витаминал ва минералал. Гьездасан ккола витамин А ва С, железо, медь, цинк. Гьелъулъ бугеб фосфоралъ бидулъ ругел минералал рукIалиде рачIинарула ва гьеб сабаблъун ургьимесалъул хIалтIи ва чорхол хIал лъикIлъула. Гьелъулъ ругел пищевиял волокнабаз бакьазул микрофлора лъикI гьабула.

«Унаби» хIалтIизабула хIалцен, квачалъул унтаби ва гипертония сах гьабиялъе.

Бидул тIадецуй гIодобе ккарал гIадамаз, лъимаде ругел руччабаз ва щуго сон бачIел лъималаз гьеб пихъ кваналалда цебе тохтурзабазда дандбани лъикIаб буго.

 

Камил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...