Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Гозо кIудиял

 

Тукан

 

Тукан абураб хIанчIил букIуна кIудияб гозо. Гьезул буго кIикъогогIанасеб тайпа. ГIумру гьабунги рукIуна тропикиял рохьахъ.

Гьелъул гозоялъул халалъи буго бащдаб черхгIанасеб. КIудияб бугониги, жаниса гьодораб букIиналъ, гьеб буго тIадагьаб. Гозо хIалтIизабула гъотIодаса пихъ тIезе ва цогидал хIажатал ишазе. Гозо буго бидурихьаз цIурабги. Гьелъ, гозо хIалтIула чорхолъ хинлъи-цIорой рекъезабиялъеги.

ГIумру гьабула гъотIол гьодориязулъ.

Кванала пихъ, чан гьабула гIисинал рухIчIаголъабазде, ччутазде, борхьазде. Цо-цо мехалъ рикъула хIанчIазул ханалги.

Туканал кверде ругьун гьаризеги кIола. ЦIакъ цIодорал, жигарал хIанчIи рукIиналъ, жидее лъикIлъи гьабуразе, гьурмаде гьими бачIинабиялдалъун загьир гьабула рекӀел асар.

Кьижараб мехалда туканалъ бетӀер буссинабула нахъехун ва гозо лъола мугъзада тIад, кваркьабазда гъоркь.

Гьелъул мацIги буго гIажаибго халатаб, хIули гIадаб, 15 сантиметралде гIагарараб.

Гьелъул гьаракьги буго зварараб, кӀудияб. Чорхол цIайи буго тайпа хал гьабун батIи-батIияб, ай 400-850 грамм. ГIалхуда гIумру гьабула 20-гIан соналъ, инсанас хьихьаралъ бала 25-30 сонги.

 

Пеликан

Пеликан абун гьелда цIар лъун буго, гъоркьияб гозоялда бугеб мукъуралъе гIоло, ай грек мацIалдаса буссинабуни, магIна ккола «таргьа» абураб.

Гьеб таргьаги хIалтIи-забула ччугIа кквезе. Гьелда жанибе уна 11 литр лъел.

Пеликанал руго цадахъ рекъон чан гьабулеб хIанчIи, мухъ гьабунги чIун гьез кваркьабазгун хIатIаз лъеда кьабун цин ччугIа хъамула лъим дагьаб бакIалде, хадуб ккола.

Чан гьабиги буго батӀи-батӀияб. «Бурый» абураб тайпаялъул пеликан боржун бачIунаго бортула лъелъе ччугIида хадуб. Чан гьабула, гозоялда жанире гьунел цогидал хIанчIаздеги.

Пеликаназул буго 8 батIаяб тайпа.

Гозоялъул халалъи букIуна 25-50 сантиметралде щвараб, чорхол – 130-180 см, цIайи – 7-15 кг.

КӀудияб букӀаниги, пеликан буго лъикӀ боржунеб хIинчI. Гьелъул кваркьабазул халалъи бахуна 3,5 метралде.

БагIарараб къоялъ гъоркьияб гозоялда бугеб таргьа гьез хьвагIезабула гьомгьоллъи гьабизе.

Гьезул ункъабго хIатIикилщалги руго цоцада хурхарал, гьез лъедезе кумек гьабула, амма ракьалдасан хьвадизе санагIалъи гьечIолъи букIуна.

ТIинчI бахъула ракьалда ва цо-цо тайпабаз – гъутIбузда. ТIанчIи кваназаризе ккола къойида жаниб 30 нухалъги.

ГIумру гьабула анцIгогIан соналъ. Бищун цIикIкIун заман бараблъун рикIкIуна 43 сонил ригьалде бахараб.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...