Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Ризкъи тIаде цIаялъе щиб сура цIализе бегьулеб?

– Сура «ВакъигIагь».

2. Щиб сураялъ шафагIат гьабулеб Къиямасеб къоялъ?

– Сура «Мулкалъ», ай Табаракалъ.

3 Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб?

– Суратул «Сулайман».

4. Жаббар абураб Аллагьасул ﷻ цIар чан нухалъ Къуръаналда рехсараб?

– Цо нухалда, «ХIашр» абураб сураялда.

5. Имам Тирмизиясул, аварагасул ﷺ тIабигIатазул хIакъалъулъ хъвараб, машгьураб тIехь щиб?

– «Шамаилул МухIаммадия» абураб тIехь.

6. Гьабилилги Къабилилги къиса щиб сураялда рехсараб?

– Сура «ал-Маидаталда».

7. Кинал заманаби ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсарал?

– Рогьел, бакъанимех, маркIачIул гIуж, къадмех, сордо, рогьалил гIуж, къасимех.

8. Къуръаналда бищун гьитIинаб сура щиб?

– Сура «ал-Кавсар».

9. Къуръаналъул магIна гьабурал тIахьазда кин абулеб?

– Тафсиралин абула.

10. Сура «ан-Насалда» иблисалъул лъимадул щиб цIар рехсараб?

– Ханнас абураб цIар рехсана.

11. Адам ва Шис аварагзабазда хадуб тIоцебе авараглъи лъие кьураб?

– Идрис аварагасе.

12. «Вала хIавла вала къуввата илла биллагьил гIазим» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– МухIаммад аварагас ﷺ.

13. ЧIужугIаданалъул цIаралда тIоцебе рещтIараб сура щиб кколеб?

– Марьям.

14. ЖужахIалъул кIалтIа вукIунев малаикасул (Малик) цIар щиб сураялда рехсараб?

– Сура «Зухруфалда».

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...