Аслияб гьумералде

Алжаналдаса ракьалде дализабураб

Алжаналдаса ракьалде дализабураб

Алжаналдаса ракьалде дализабураб

Исламалъ нилъ ахIула мискинал, пакъирал, ресалда гьечIел чагIазе садакъа-хайрат гьабиялде. Гьеб буго нилъ Аллагьасде ﷻ гIагар гьабулеб гIамалги. Садакъа-хайрат гьабизе беццарабги буго балъго. Аби буго, садакъа гьабизе лъикIаб бугин цояб квералъ кьолеб цогидалда бихьичIогоян.

 

Балъго кьураб садакъа букIуна нилъедаги Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб. Гьедин гьабуралъул мурадги букIуна гIицIго Аллагьасул ﷻ разилъи щвей.

Садакъа гьабиялде бусурбаби Аварагас ﷺ, гьелъул бугеб пайда бицун, гьесизарулаан. ЖагIфар ибну МухIаммадидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Сахаватлъи буго Алжаналъул гъотIодаса цо гъветI, гьелъул гIаркьалаби дализарун руго дунялалде. Гьелъул гIаркьел ккун щив чи вугониги гьелъ гьев Алжаналдеги вачуна. Бахиллъи буго жужахIалъул гъотIол цо гъветI, гьелъулги гIаркьалаби дализарун руго дунялалде. Гьелъул гIаркьел ккун щив чи вугониги, гьелъ гьев жужахIалде цIала», - ян (Байгьакъи).

Садакъаялъулъ буго гьеб кьолесеги жамгIияталъеги кIудияб пайда. Гьелъ куцала вацлъи, цIунула цоцазда ричIчIи, ресукъазда лъала жал рехун тун гьечIеблъи. Ахираталдаги, Жиндир ﷻ цIобалдалъун рагIад гьаби гурони гьечIеб къоялъ, Аллагьас ﷻ рагIдукь рахчизарула садакъа гьабулел чагIи. Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абунин Абу Гьурайратидасан бицун буго: «Анкьгояв вахчизавула ТIадегIанав Аллагьас ﷻ (Жиндир ГIаршалъул) рагIдукь, гьелъул гурони цоги жоялъул рагIад гьечIеб къоялъ. …Анлъабилевлъунги вуго, кваранаб квералъ кигIан хвезабулеб бугебали квегIаб квералда лъаларедухъ балъго садакъа гьабулев», - абун (Бухари, Муслим).

Гьаб заманалда нилъ ругьунлъун руго гIарац, боцIи-мал гурони садакъалъун рикIкIунгутIиялде. Садакъа буго, сундалъун бугониги, гIадамасе гьабураб пайда, кумек, бихьизабураб гурхIел, берцинаб рагIи, ракI батизаби, хIатта диналъул вац данде ккедал гьумер битIун гьабураб гьимицин.

Кинаб садакъа лъикIаб бугебин абуни, гьелъие батIалъи гьечIо, заман, бакI, хIажалъи бихьун гьабураб цIикIкIун хирияблъун рикIкIуна. Мисалалъе, беседав чияс мискинасе, дагьаб бугониги, гьабураб цIикIкIун гьабуралде бахуна, гьединго, сахлъиялда рукIаго гьабураб, унтараб мехалъ гьабуралдаса, лъикIаб буго.

Цо чи вачIуна Аварагасухъе ﷺ ва цIехола: «Я Аллагьасул расул ﷺ! Кинаб садакъаялъухъ цIикIкIун кири кьолеб?» - абун. Гьес ﷺ жаваб гьабула: «Сах-саламатго вукIаго ва мискинлъиялда хIинкъун барахщлъараб мехалъ кьураб буго…», - абун (Муслим).

КIиабизе, халгьабизе бегьула жиндие кьолесухъ. Мисалалъе, хIажалъи бугев цебесеб гIагарлъиялъул чи ватани, гьесие кьей цIикIкIун хирияб буго батIияв чиясе кьеялдаса. Гьедин гьабиялдалъун жинца кьолев лъугьуна жеги гIагарлъи хурхинабулевлъунги гьеб цIунулевлъунги.

Халгьабизе бегьула жиб кьолеб жоялъухъги. Аварагасул ﷺ хIадисазда буго гьединаздасан кколин цогидазда гIелму малъи ва кваназе тIагIам кьей гIадал пишаби. ХIадисалда буго: «Садакъаялъул бищун лъикIаб буго бусурбанчиясда пайда бугеб гIелму малъи, хадубккун гьесги цогидасда малъулеб», - абун (ибну Мажагь).

Анас-асхIабасдасан бицун буго, Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Садакъаялъул бищун лъикIаб – вакъарав чи гIорцIизегIан кваназави», - абун (Байгьакъи).

Сахаватав чи Аллагьасде ﷻ гIагарав вуго ва жеги гIагарав вуго Алжаналдеги. РикIкIадавлъунги вуго жужахIалдасаян абураб цоги хIадис буго Аварагасул ﷺ (Тирмизи).

Гьединлъидал гьарула БетIергьанасда ﷻ щивав бусурбанчиясе сахаватлъи, ккараб бакIалда батизе буголъигун боцIи-мал, Гьев ﷻ разияб гIамал.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...