Аслияб гьумералде

РухI мекъи бахъиялъе сабаб

РухI мекъи бахъиялъе сабаб

Иман ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьураб кIудияб нигIмат. Гьелъухъ щукру гьабизе тIадабги буго. Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарал вализаби хIинкъулаан иман гьечIого рухI босиялдаса.

 

Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «Инсанас Алжаналъул агьлуялъул гӀамалал гьарула цо-кӀиго гIункIрукьалъул манзилалъ гIагарлъизегIан. Гьелдаса хадуб къисматалда хъвараб гьесда тӀад бергьараб мехалъ, гьес байбихьула жужахӀалъул агьлуялъул гIамалал гьаризе ва гьениве ккезеги ккола», - ян. (Бухари, Муслим)

ГӀумруялъул хӀисаб гьабуни, квешаб ахир ккей буго бищун кӀудияб талихӀкъосин. Щивав чиясда лъала жиндирго рукIа-рахъин кинаб бугебали. Сонисеб хисизабизе кIоларо, амма жакъа ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьураб заман битIун хIалтIизабуни, гьеб букIина кIудияб нигIматги гIакълуялъул камиллъиги. Метералде тIамунги кинха телеб, метерисеб къо бачIине бугищ яги гьечIищали нилъеда лъаларелъул. 

Интернеталдасан гIемер рагIула лъикIаб гуреб куцалда гӀумру тIамуразул ахӀвал-хӀалалъул хӀакъалъулъ бицунеб. ТӀадегӀанав Аллагь ﷻ разилъичӀел гӀамалазде гьел машгъуллъун ругебгIан мехалъ, хвелги тӀаде щола. Цинги суал бачIуна кинал гӀиллабийин кколел квешаб ахир ккеялъе ва кинал мунагьалин мисаллъун рачине бегьулел иман гьечӀого гӀумруялдаса ватIалъиялъе?

Хирияб Къуръаналдаги Аварагасул ﷺ суннаталдаги гьел рехсана ва  цо-цоял гьанирги рехсела.

Бищунго аслияб гӀилла ккола мекъаб божилъи (гIакъида) букIин. Щайгурелъул, хӀакъикъияб нухда гьечIесе талихI щвезе рес гьечӀо. ГIалимзабаз бихьизабуна битIараб нух ва гьеб баян гьабуна Абул ХIасан АшгIарияс, гьесда хадур ана иргадулал гIалимзабиги. Гьез абуна Абул ХIасан АшгIарияс нилъее баян гьабураб жо агьлу-сунна валь-жамагIаталъул нух кколин.

ГIадамазда цеве Аллагьасул ﷻ лагълъун живго жинцаго вихьизавуниги, жанисан дандеккунгутIи бугони, гьебги ккола ахир мекъи ккеялъе гIиллалъун. Аллагьасда ﷻ цеве вукIине ккола къватIисаги жанисаги цо хIалалда.

Гьабулеб мунагьалъ рекIее асар гьабула. Цо мунагь гьабидал, ракӀалда тӀанкӀ лъола. Унго-унгояб тавбу гьебсагӀатго гьабичIони, гьеб тIанкI кIодолъула ва хIасилалда тӀолабго ракӀ беццлъизе рес букIуна.

Гьединлъидал мунагьал, хасго балъго гьарурал, квешаб ахир ккеялъе сабаблъун рукӀине бегьула.

Гьелъин щивав чиясул букIине кколеб битIараб гIакъида ва щивав чиги вукIине кколев къватIисаги жанисаги вацIцIадавлъун. Гьебги бажарула инсанас жиндаго тIад хIалтIи гьабулеб бугони.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...