Аслияб гьумералде

Кьижизеги лъазе ккола

Кьижизеги лъазе ккола

ГьитIинаб къоялдаса нахъе нилъеда лъала регулелъул кваранаб хьолбода регизе лъикIаб бугеблъи. Гьеб буго нилъехъе диналдаса щвараб, гьабизе лъикIаблъун бугеб аварагасул суннат.

ХIадисазда рехсон буго авараг кьижулеб мехалъ кваранаб кверги кIаркьеналда гъоркь лъун, кваранаб хьолбодаги вегун, кьижулаанин абун (Муслим, Бухари). Амма гIемерисезда лъалеб батуларо гьедин региялъулъ бугеб хIикмат.

Кваранаб хьолбода регараб мехалъ нилъер магIазукъалазул квегIаб хIалтIулеб буго, гьеб хIалтIиги хурхараб букIунеб буго гIадалнахул кваранаб рахъалда. ГIадалнахул квараналъул хIалтIиги букIунеб буго гIемерисел ургьимесазул лугбазда хурхараб. Гьелдалъун рекIел хIалтIи ва бидурихьазул хIалуцин гIодобе биччалеб буго, квен бихIинабиялъул системаги парахатаб хIалалде бачIунеб буго. Цинги, чиясда кIолеб буго хехго кьижун ккезе ва ургьимесалъги букIине кколедухъ хIухьбахъи гьабулеб буго.

Чахьалда регилищ?

Чахьалда регизе лъикIаб гьечIо, регугеян букIуна аварагасул малъа-хъваяздаги. ТIахIфа ибну Къайсица бицун буго: «Цо нухалъ дун мажгиталъув, чахьалда вегун, кьижун ккана. Макьилъ бихьулеб бугеб гIадин дида халлъана цояс хIетIе тункулеб ва «Гьеб буго доб Аллагьасул ццин бахъинабулеб региялъул къагIида», - ян абулеб. ВорчIидал дида цеве вахъун чIун ватана Аллагьасул расул ». (Абу-Давуд).

Аллагьасеги рихараб, аварагасги беццичIеблъун гуребги, гьеб къагIида региялъул буго тохтурзабазги сахлъиялъе зарал гьабулебин чIезабураб. Щайин абуни, чи чахьалда вегараб мехалъ захIмалъулеб буго рекIелгун кванирукъалъул хIалтIи. Гьедин регидал бетIерги гIемер рахъ-рахъалде буссинабизе кколеб буго, цинги горбодагун гъуждузда ругел ччорбал хIалуцунел руго, гIадалнахулъе ине биялъеги захIмалъулеб буго. Макьидаса рорчIидал гIемерисезул унтулеб батулеб буго бетIерги.

Абула гьедин регулезул лъугьунин беразда гъоркь хъахIиллъиялъул къучIбигиян. Цоги, тохтурзабаз гьабураб цIехрехалдасан баянлъун буго чахьалда регулезул рукIунин хIинкъарал макьаби рихьиянги. Гьебги лъугьунеб буго хIухьел цIай ва гIадалнахул би хIалтIи захIмалъиялда бан. Баяназда рекъон, тохтурзабаз абулеб буго, чахьалда регизе лъикIаб бугин жидер бакьазул хIалтIи лъикI букIунарел, гьезда жаниб гьури гIемерлъун, санагIалъи гьечIого рукIунезе. Руччабазе, лъимер гьабун хадуб заманалъ.

КвегIаб хьибилалда регилищ?

Аварагасги квараналда регизе суннатаб бугин абун гурони, квегIалда регизе гьукъичIо. Гьединлъидал, квегIалда региялдалъун пайда букIунеб бугони, щибго бегьунгутIи гьечIо.

КвегIаб хьибилалда региялдалъун лъугьунел бигьалъабаздасан руго: кванирукъалъулъ лъугьараб цIерхIей бигьалъи. Тохтурзабазги абулеб буго, кваранаб хьибилалда регараб мехалъ гьеб жеги цIикIкIунин абун. Квенги хехго бихIинабула. Сванхи инаби. Абула, кьижарав сванхделев вугеб мехалъ квегIаб хьибилалдехун вуссинавуни, гьеб унин. КъечIалъулъ би хьвади лъикIлъи ва гьелъул хIалтIи бигьалъи.

Лъимер гьабизе ругел руччабазеги гьеб къагIида лъикIаб буго. Щайин абуни, чIужугIаданалъул черх кIигоязе гIоло хIалтIулеб бугелъул, би хьвадиги кIиго нухалъ цIикIкIуна, гIун бачIунеб лъимералъ эбелалъул мугъзагьодалдегун цогидал лугбузде тIадецула. КвегIаб хьибилалда егиялъ бидул хьвади рукIалиде бачIинабула, мугъзагьодалъул унтиги дагьлъизабула.

ТIубараб сордоялъго цого хьибилалда регизе лъикIаб гьечIинги чIезабулеб буго нефрологаз. Гьез бицунеб буго ургьисалабазда ганчIал лъугьунезул хал-шал гьабидал, 75 % унтаразул гIемерисеб нухалъ гьел регулеб рахъалда бугеб ургьисалаялда лъугьун батулеб бугин гамачIин.

КьижизегIан цебе кваранаб квер кIаркьалда гъоркьги лъун, аварагас гьабулеб букIараб дугIаялдасанги буго: «Дур цIаралдалъун, Я дир Аллагь , дун хола ва вахъинеги вахъуна», - ян.

ВорчIидалги абулаан: «Ниж хун хадур тIаде рахъинарурав Аллагьасе буго щибаб рецц, Гьесде буго нижер ахир руссинги», - ян (Бухари).

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...