Аслияб гьумералде

ТIибитIизабизе рекъараб

ТIибитIизабизе рекъараб

ТIибитIизабизе рекъараб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нужее цояз тахIият (салам кьей) гьабураб мехалъ, гьелдасаги лъикIалдалъун яги гьединалдалъунго жаваб гьабе», - ян (сурату «ан-Нисаъ» 86 аят).

 

Аварагас ﷺ абунин Абу Гьурайратидасан бицун буго: «Нуж алжаналде лъугьунаро (хIакъикъияб) иман лъезегIан, иманги лъоларо нуж цоцазе рокьизегIан. Дица нуж тIоритIилищ жиб гьабураб мехалъ нуж цоцазе рокьулеб жоялде?! Нужеца нужедаго гьоркьоб (цоцазда данде ккедал кьун) салам тIибитIизабе», - ян (Муслим).

Абу-Юсуф ГIабдуллагь ибну Саламидаса бицун буго, жинда рагIанин Аллагьасул ﷻ расулас абулеб: «Я гьал иман лъурал гIадамал! Нужеца цоцазе салам кьей тIибитIизабе, цоцазе тIагIамги кье, гIагарлъиялда гьоркьоб хурхенги гьабе, какалги рай гIадамал кьижун ругеб заманалда, (гьедин гьабуни) нуж алжаналде лъугьина цIунараллъун!», - абун (Тирмизи).

 

Салам кьолеб къагIида

Язидил яс Асмаидаса бицун буго, цо нухалъ Аллагьасул Расул ﷺ унев вукIанин мажгиталъуве ва нухда гIодор чIун рукIанин руччабазул къокъа. Цинги Аварагас ﷺ, салам кьураб гIадин, квералдалъун ишара гьабунин абун (Тирмизи). Гьедин гьаби, гIалимзабаз бихьизабулеб буго, Аварагас ﷺ рагIабаздалъун абиги ишара гьабиги кIиябго данде бачин букIанин абун. Абу Давудица бицараб риваяталда буго, «цинги Аварагас ﷺ нижее салам кьуна», - абунги.

 

Салам кьеялъул адаб

Аварагас ﷺ абунин Абу Гьурайратидасан бицунеб буго: «РекIун унес лъелго вачIунесе кье салам, лъелго унес гIодов чIарасе кье, дагьаз гIемеразе кье», - ян абун. Бухарияс бицараб риваяталда буго: «ГьитIинас кIудиясе кье», - абунги.

Абу Умаматидасан бицунеб буго: «ГIадамазул Аллагьасе цIикIкIун гIагарал салам кьей цебе байбихьулел руго», - ян (Абу-Давуд). Тирмизияс бицун буго, Аварагасда ﷺ цIеханила кIиго чи данде ккедал гьезул кинас салам кьей байбихьилебин абун. Аварагас ﷺ абун буго: «Салам кьей байбихьизе кIиявго рекъарав вугин», - абун.

Салам кьей такрар гьабилищ?

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Нужер цонигияв диналъул вацгун дандчIвайдал, салам кье. Цебесеб нухалъ саламги кьун нужеда гьоркьоб гъветI, кьуру, ялъуни къед ккун нуж кIиабизеги дандеккани, гьеб мехалъги цоцазе салам кье», - ян (Абу Давуд).

 

Рокъоре лъугьиндал салам кье

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нуж рокъоре лъугьиндал, жанир ругел гӀадамазе салам кьун, гьел кӀодо гьаре. Салам кьей Аллагьасул рахъалдасан ва жиндилъ баракат бугеб тахӀият (кӀодо гьари) буго...».

Бусурбанчияс данде ккарасе салам кьеялъул магIна буго «нужеда Аллагьасул ﷻ салам лъеги» абун дугIа гьаби, нужее дидасан хӀинкъи гьечӀин аби, жинда гьеб рагӀарасул рекӀее хӀалхьи ва рохел щолеб берцинаб калима.

«ТӀадегӀанав Аллагьас нужее баян гьарула шаргӀалъул хIукмаби, нуж гьезда нахърилълъине, гьезда гӀамал гьабизе ва гьел хӀукмаби ричIчIизе, гьезул хӀикмат лъазе» (сурату «ан-Нур» 61 аят).

Анасица бицун буго жинда Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абунин: «Я дир вас! Мун дурго рукъалъул агьлуялъухъе тIаде лъугьиндал, дуца гьезие салам кье. Салам кьей дуеги гьезиеги букIина баракатлъун», - ин (Тирмизи).

Мужагьидица абуна: «…жанив щивго гьечIеб рокъове лъугьиндал дуца “Ассаламу гIалайна ва гIала гIибадиЛлагьи ссалихIин” абе», - ян. Имам Къатадица абуна гьедин салам кьедал малаикзабаз буссинабулин абун. Анасица бицун буго жинда Аварагас ﷺ малъанин дуца салам кьейин данде ккарасе, гьелъ дур лъикIлъаби цIикIкIинарилин, рокъове лъугьиндал агьлуялъеги кьейин, гьелъ рукъалъул лъикIлъи гIемерлъизабилин абун.

Зайд ибн Асламидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Рокъоре лъугьараб мехалъ нужеца агьлуялъе салам кье (кваналеб мехалъ) Аллагьасул цIарги рехсе. Гьедин гьабураб мехалъ шайтIаналъ жиндирго гьалмагъзабазда абула гьаниб нужее сордо базе бакI ва къаси квен гьечIин абун», - абун.

Аллагьас ﷻ баракат лъеги гьабулесул гьабулелда.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...