Аслияб гьумералде

«Ихласалдалъун» цiуни гьаби

«Ихласалдалъун» цiуни гьаби

Къуръан цIали буго бусурбабазул рухIияб гIамал. Къуръаналда руго батIи-батIиял хаслъабазе цIализе ругел ва хIалтIизе гьарулел сураби. Гьединазул цояб ккола Къулгьу (суратул «Ихлас»). Гьеб цIалиялъухъ щолеб ажру рагIичIевги лъаларевги чи къанагIатги ватиларо. Бищун чIахIияздасан бугин абизе бегьила цо нухалда гьеб цIали Къуръаналъул 1/3 бутIаялда бащалъи.

Гьеб цIалиялъухъ щолеб кири халгьабуни, гьелъул хIакъалъулъ рехсон аварагасдаса рачIарал хIадисал жидее гIурхъи гьечIелгIан руго. БатIи-батIиял хаслъабазе цIализе бихьизабуралъул чангояб рехселин. Бер ккурав чиясе дару гьабулаго цIализе бихьизабун буго Къулгьу, кваранаб кверги унтараб бакIалда тIад лъулъалаго.

«РухIул баяналда» рехсон буго Ибну Нажарица ГIали асхIабасдасан бицараб хIадис: «Нужер цонигияв сапаралде вахъунеб мехалъ, гьес нуцIидул рагьумахIуги ккун 11 нухалъ Къулгьу цIале, тIадвуссун вачIинегIан цIунаравлъун вукIина», - ян абун. Кьижизе вахунаго кIиябго КъулагIузубигун цадахъ гьебги цIалун, кверал къаркъалаялда рахъани, гьеб букIинин абулеб буго унтабаздаса ва цоги тIаде рачIунел балагьаздаса цIунилъун. Гьелъул хIакъалъулъ ГIаишатица абун буго: «Кьижизе вахунелъул аварагас кIиябго хъатинибеги пун, Къуръаналъул ахирисеб лъабго сура цIалулаан, хадур кверал черхалдаги рахъулаан», - ин абун (Бухари).

Муслимидаса бицараб риваяталда буго: «Аварагасул хъизамалдаса цонигияв унтидал, Бичасул расулас гьезда тIаде МугIавизатал цIалулаан (Къулгьу ва кIиябго КъулагIузуби). Авараг унтараб мехалъ (ахирисеб унти), дицаги цIалана гьесде тIаде гьел, гьесул жиндирго квераздалъун черхги лъулъалаго. Гьесул кверазги лъулъана, гьезулъ баракат цIикIкIун букIаралъул», - ин. (Муслим)

ЛъикIаб буго рокъоре лъугьунелъулги Къулгьу цIализе. Абула гьедин гьабиялъ мискинлъи нахъе хъамулин. ХIадисалда буго: «Рокъове лъугьунелъул Къулгьу цIалулеб бугони, гьеб рукъалъул агьлуялдаса ва сверухъ ругел мадугьалзабаздаса мискинлъи нахъе хъамила», - ян. (ТIабарани)

Имам КъуртIубияс «ат-Тазкираталда» рехсон буго аварагас абунин: «Хвалил унтулъ вугес лъабго нухалда Къулгьу цIалани, гьев хабал гIазабалдаса ва ракьалъ данде къаялдаса цIунаравлъун вукIина. Къиямасеб къоялъ малаикзабазги гьев жидерго квераз восун Алжаналде щвезавила», - ян.

Цоги риваят буго шагьидлъун хвелин абунги.

11 нухалда гьеб цIаларасе Алжаналда мина балинги буго хIадис. (Анас)

Рогьалил какдаса хадуб цIалани, гьеб къоялъ мунагьалде ккеялдаса цIунилинги буго. (ГIали ибну Абу-ТIалиб)

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...