Аслияб гьумералде

Алжанищ, жужахIищ?

Алжанищ, жужахIищ?

ТIадегIанав Аллагьас Алжаналъулги жужахIалъулги ахIвал-хIал рехсана нилъ ритIун хьвадизе ва мекъи хьвадани гьадинаб тамихI букIинин абун. Кинниги гьел нигIматал ва гIазабал рехсана нилъер гIакълуялда бичIчIулеб къагIидаялъ. Щайин абуни, нилъер гIакълуялъул гIорхъи бугелъулха. Доба кин букIунебали хIакъикъат Аллагьасда лъала, гьел нигIматалги гIазабалги дора батIиял руго.

ЖужахI ккола Аллагьасда божичIел, Жиндихъ гIенеккичIел жиназеги гIадамазеги гIазаб кьезе бижараб бакI. Гьеб ккола кутакалда бухIараб цIадул гвенд. Гьелъул цIа кинаб бугебали нилъер гIакълуялъ къабул гьабуларо. Кинниги нилъеда лъала дунялалъул рокъоб бугеб цIаялъулцин бухIиялъул кутак кинаб букIунебали. Гьелда борце кинабго.

Нилъер цере рукIарал гIалимзаби ва вализаби цIа бихьидал гIодулел рукIун руго, ай жужахIалъул цIа ракIалде щун. ЖужахIалъур руго чIахIи-чIахIиял борхьал, загьру-закъум, гьурмаде гIагарлъидал гьурмал тIом бухIун рехулеб хIамим абун цIар бугеб гьекъезе кьолеб лъим. Гьениб гIазаб кьолев чиясул цо-цо ца букIуна УхIуд мегIергIан кIудияб.

Черхалда тIад бугеб гьезул тIом букIуна лъабкъоялда анцIго тIомалъ биццатаб. Гьеб тIом бежун бухIанщинахъе цIидасан бижула гьезда гIазаб чIамизабизе. Бищун гIазаб бигьаяв чиясул хIатIида гъоркь цIа букIуна, гьеб цIаялъ гьесул гIадал нах гьалдезабула. Гьелъулги цоялда гъоркье цоги анкьго тIала буго.

Бищун тIасияб тIалаялде мунагьал гIемерал, Аллагь тIаса лъугьинчIел муъминзаби рехула. Гьел, ахир-къадги кколесе кколеб гIазабги кьун, жужахIалдаса къватIире рахъула. ХутIарал тIалабазда капурзаби рукIуна ва гьел кидаго гьенир хутIула.

Бищун тIасиялда цIар «Жагьаннам», гьелда гъоркьияб «Лазза» - ягьудиязе, гьелдасаги гъоркьияб «ХIутIамат» - насраниязе, цинги «СагIир» - сабиуназе, цинги «Сакъар» - цIадуй лагълъи гьабулел мажусиязе, цинги «ЖахIим» - хъанчие лагълъи гьабулезе, бищун гъоркьияб «Гьавият» - мунапикъзабазе. КъуръанхIадисалда жужахIалда жаниб бугеб гIазаб-гIакъубаялъул цIакъ гIемер бицун буго.

Гьединлъидал нилъеца нилъерго ургъел гьабизе ккола. ГIемерисеб мехалъ квешаб нилъер напсалъ рачуна гьеб гIазабалде. ГIакълу бугев чи жиндирго напсалда гурхIизе ккола, гIакъуба кьеялдаса хвасар гьабизелъун. Нилъеца ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабизе ккола. Амма Алжан щвезелъун яги жужахIалдаса цIунизе абун ниятгун гьабизе рекъараб гьечIо. Гьеб ккола инсанасул иманалъул загIиплъи.

Алжан ккола Аллагьас иман лъурал бусурманал гIадамазеги, жиназеги, малаикзабазеги къачIараб нигIматазул рукъ. Алжаналде лъугьарал гIадамал кидаго гьенир рукIине руго. Алжанги кидаго паналъулареб, даимаб рукъ ккола. Алжаналда руго беразда рихьичIел, гIундузда рагIичIел, инсанасул ракIалде ккечIел нигIматал. Гьенире муъминзаби ккола Аллагьасул гIицIаб фазлуялдалъун. Алжаналда кIущ, гъиз, ахту, хIацIу, хIайиз гIадинаб чороклъи букIунаро.

Гьениб ракI хIалхьулеб, бер гIорцIулеб, напсалъе анищан ккарабщинаб жо букIуна. Гьениб рохел букIуна – пашманлъи гъорлъ гьечIеб, рахIат – свак-захIмат гъорлъ гьечIеб, бечелъи-хвел гъорлъ гьечIеб, берцинлъи – коцокълъи гъорлъ гьечIеб, гIолохъанлъи – херлъи гъорлъ гьечIеб, гIелмужагьиллъи гъорлъ гьечIеб, чIаголъи – мискинлъи гъорлъ гьечIеб.

Алжаналъул руго батIи-батIиял цIарал: Жаннатул маъва, Жаннатул хулди, Жаннату гIадн, Дару ссалам, Дару жаннат, Дару ннагIим. Алжаналъул бищун тIадегIанаб, бищун бакьулъ бугеб бакI Фирдавус ккола. Алжаналдаги гIадамал жиде-жидер гIамалазухъ, игIтикъадазухъ балагьун батIи-батIиял даражабазда рукIуна.

Алжаналъул гIадамалги цо кьералъул, 33 сонил гIумруялъул, 70 натIил чурхдузул борхалъи бугел рукIуна. Алжаналъул берцинлъиги гьуинлъиги бихьун гурого бицун лъалеб жо букIунаро. Масала, Алжаналда бугеб цIолбол цо мугьалъул гьуинлъи дунялалда бижарабщинаб цIибилалъул гьуинлъиялдаса цIикIкIуна.

Бухариясги Муслимицаги бицараб хIадисалда буго Алжаналъул руччабаздаса цо чIужугIадан ракьалда загьирлъани, дунялго гвангъизабулин ва гьуинмахIалъ цIезабулин, гьелъул бетIералда тIад къалеб кIаз лъикIаб буго дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги абун. Дунялалда лъикI хьвадарал руччаби хIурулгIинзабаздасаги тIокIал рукIуна. Россал аскIор рачIанщинахъе гьезда гьел бикруяллъун ратула.

Бищун гIодобегIанав Алжаналъул чиясе кьолеб жо букIуна дунялалъул бищун кIудияв ханасе кьолеб гIадаб, цинги тIадеги гьелда релълъараб щуго нухалъ цIикIкIинабула. Цин гьес абула, я дир БетIергьан, дун рази вугилан. Цингиги ТIадегIанав Аллагьас абула, тIадеги дуе цебе кьурабщинаб жо анцIго нухалъ цIикIкIинабунин, дуе гьениб бер гIорцIараб, ракI хIалхьараб напсалъул анищан ккарабщинаб жо бугилан.

(Муслимица бицараб хIадисалъул хIасил).

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...