Аслияб гьумералде

Малъал кин къунцIилел?

Малъал кин къунцIилел?

Малъал кин къунцIилел?

Малъал къунцIиялъул тартибалъулъ гIалимзабазул гIемерал рагIаби руго. Фикъгьиялъул гIалимзабазул бищун бергьараб рагIи буго гьадинаб.

 

«Кваранаб квералъул ишараялъул килищалдаса байбихьун гьитIинаб килищалде щвезегIан къунцIила, хадуб кIудияб килищалъул малъги къунцIила. Хадуб квегIаб квералъул гьитIинаб килищалдаса байбихьун кIудияб килищалде щвезегIан иргаялда къунцIила.

ХIатIазул тIоцебе кваранаб хIатIил гьитIинаб килищалдаса байбихьун кIудияб килщиде щвезегIан къунцIила, хадуб квегIаб хIатIил кlудияб килищалдаса байбихьун гьитIинаб килищалде щвезегIан иргаялда къунцIила. Малъал къунцIун рахъаралго кверал чуризе гIедегIел гьабила, какие чурани цIакъго лъикIабги буго. Щайгурелъул кверал чурилалде лагаялда хъарсани барас унти ккеялда хIинкъи бугин буго. КъунцIарал малъалги ракьулъ рукъизе хирияб буго. Малъал къунцIиялъул суннатлъи, гьел чIахIиял гIеялъул хал гьабун букIуна. Щибаб анцIго къоялдаса халат бахъине лъикIаб гьечIо, дагьалги хехго гIолел ругони, хехго къунцIизе суннатал руго».

 

Малъал къунцIизе хирияб гIуж

Малъал къунцIизе бущун хирияблъун рузман къо бихьизе гьабун буго. Хамиз къоялъги, итни къоялъги къунцIизеги бегьула, амма хутIарал къояз къунцIизе бихьизабун гьечIо. Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Жинда салат-салам лъеяв Авараг вукIана малъал къунцIулевлъун рузман къоялъ какде вахъиналде цеве», - ян.

Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатидасан бицана: «Щив чи вугониги жинца рузман къоялъ малъал къунцIун, Аллагьас гьев нахъисеб рузман къоялде щвезегIан квешлъабаздаса цIунула», - ян. Ибну ГIабасица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги рузман къоялъ малъал къунцIун, ТIадегIанав Аллагьас гьев чиясул чорхолъа унти бахъула ва гьесул чорхолъе дару лъугьине гьабула», - ян.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Беццлъиялдасаги мискинлъиялдасаги божун вукIине бокьарас малъал къунцIе абе хамиз къоялъ бакъанидаса хадуб», - ин. Амма арбагI къоялъ малъал къунцIизе цIакъго какараб буго, гьелдалъун барас унти ккеялда хIинкъи бугин абула.

 

Мурад Раджабов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...