Аслияб гьумералде

РахIатаб заман

РахIатаб заман

Их тIаде щведал, тIабигIаталъ нилъее кьола хасаб баракат – хинаб бакъ, хIанчIазул кечI ва цIилъулеб гIурччинлъиялъул махI. Гьеб ккола шагьаралъул ахIи-хIуралдаса рорчIун тIабигIатгун цолъиялъул заман. Бусурбанчиясе ихдалил хIухьбахъиялъ рес кьола къуват тIадбуссинабизе гуребги, щибаб тIегьалеб гIурччинлъиялъухъ, бацIцIадаб ихдалил зодихъ, чIаголъи кьолеб гьаваялда Халикъасул гIажаибал гIаламатазда хадуб халккун, иман щула гьабизе.

 

Ах-хуралда, рохьор яги паркалда хьвади лъугьуна рекIее гIолеб заман ине гуребги, Аллагь ракIалде щвеялъул сабаблъунги. АхIи-хIуралдаса ва гIедегIиялдаса рикIкIад, хасго лъикIаб букIуна Къуръаналъул тIанчал цIализе, устарас тIадкъарал вирдал тIуразе, ракI парахалъизе. Хъизан-агьлугун тIабигIаталде сапаралъ рахъиналъ гьоркьоб бухьен щула гьабула, рекIел рокьи цIикIкIинабула, цоцада ричIчIиялъул хинаб ахIвал-хIал бижизабула.

Ихалъ рекIелъ хасаб гвангъараб рохел багъаризабула. Гьеб муъминчияс лъикIал ишазде буссинабизе бегьула – гIагаразухъе, гьудул-гьалмагъзабазухъе ва унтаразухъе зиярат гьабиялде, къварилъиялда ругезе кумек гьабиялде, дагIба-рагIиялда вукIарав чиясулгун рекъел гьабиялде. Гьеб ккола гIагаралгун цадахъ бацIцIадаб гьаваялда гьекъолеб гIадатияб чайцин хасаб баракатлъун лъугьунеб заман. Аслияб жо, кир ругониги нилъер ишал ва пикраби ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъулевлъун рукIине кколеблъи кIочон тунгутIи.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...