Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ЦIунцIраби кваналеб

Гьеб ккола гIажаибаб рухIчIаголъи. ЦIунцIраби кваналеб рухIчIаголъилъун бугониги гьелда гьечIо цаби. РухIчIаголъаби кваназе кквезелъун гьелъ хIалтIизабула сину гIадинаб хIацIуца биччизабураб халатаб мацI. Муравьед абураб гьеб рухIчIаголъиялъул цересел хIатIал руго регIерал малъазул цIакъ къуватал ва халатал. Цересел хIатIал гьез хIалтIизарула цIунцIрабазул бусаби щущазаризе ва кIартIал рахъизе.

Гьезул буго квачалдаса цIунулеб биццатаб тIомги. ГIемерисеб мехалда рукIуна жалго жидедаго чIун.

Гьезул канлъи букIуна загIипаб, амма рухIчIаголъабазде чан гьабизе махӀ бачин букӀуна лъикӀаб.

ГIумру гьабун руго Централияб Америкаялда, Аргентинаялда, Парагваялда, Уругваялда ва Бразилиялда.

Гьел росун руго БагIараб тIехьалде.

 

 

 

 

 

Жираф

Жирафал руго кутакалда хIикматал хIайванал. ГIадатияб жирафалъул борхалъи букIуна 5,5-6 метр.

Гьезул мацI буго чIегIераб, 45 сантиметр халалъуда бугеб. РакI букIуна 10 килограммалде щун бакIлъи бугеб. ГIумру гьабула 25-гIан соналъ. Гьез гIумру гьабула къокъаби ккун.

Жидее хӀажатаб лъамалъиялъул аслияб къадар кванараб гъветӀ-хералдаса щолеб букӀиналъ, гьезда кӀола 10-15 къоялъцин лъим гьечIого рукIине.

КIудиял хIайванал ругониги гьезда кIола кIиго метралде гIагарун борхалъи бугеб бакIалдасан кIанцIизе.

ТIомода бугеб расул сурат букIуна цацазда релълъинчIеб. ТIом букIуна цIвакараб, биццатаб, хассго бохдузда бугеб.

Канлъи, махI бачин, гIинда рагIи кутакалда лъикIаб буго. Гьел хаслъабазул къуваталдалъун гьезда кIола тIаде бачIунеб хIинкъи хехго халлъизе.

Квен балагьулаго гьел гьоркьоса къотӀичӀого гочарулел рукIуна.

Къокъабго манзилалда жирафазда кIола, лъикI бекерулеб чуги нахъа тун, 55 км/сагIаталъул хехлъиялда бекеризе.

ХIорахъагун лъарахъа лъим гьекъезе ккани, гьел накаби сукIизарун яги хIатIал гIебе-гIебеде хъитIизарун къулизе ккола гIодоре, ялъуни каранде щвезегIан лъелъе лъугьуна.

Квен тIалаб гьабиялде буссараб букIуна гьезул гIемерисеб гIумру, сордо-къоялда жаниб 20 сагIаталде гIагарун заман уна гьедин. Кьижула жирафал рахъун чIовухъего.

Бихьизе халатаб габур бугониги, рачIги буго гьезул 2-2,5 метралде гIагарун халатаб.

Гьезде чан гьабулел хIайванал къанагIат гурони гьечIо. Цо-цо мехалда гъалбацIаз гьабула гьезде гьужум.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...