Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Руз

 

Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.

 

Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва Япониялда гIумру гьабулеб «рыбный филин» абураб тайпа: гьелъул чорхол цIайи бахуна 4 килограммалде, куркьбазул халалъи - кIиго метралде. Гьелда хадуб бачIуна «бородатая неясыть» абураб, гьелъул халалъи ккола 80 см. Бищун гьитIинаблъун рикIуна «сыч-эльф» абураб, гьелъул халалъи буго 15 см, цIайи - 55-80 грамм.

Цоги хIикматаб жолъун буго рузазул бихьин-цIуялъул чорхол форма гьитIин-кIудияб букIин. ЦIуяб кIудияб ва цIайи бакIаб букIуна.

Рузазул чан гьабиялъул бажариялъул ва къаси мехалда боржанхъизе бугеб гьунаралъул балъголъи ккола гьезул хасал гIуцIабазул хIалкIолъи. Гьезул церехун руссун ругел кIудиял бераз, лъикIал дурнабаз ралагьараб мехалъ кинниги бихьизабула, амма гьедин чIахIиял ругониги берал кидаго жидерго рогIразда жанир чIун рукIуна. Бугониги, гьеб гIунгутIи гIажаибго хисун кьураб буго рузалъе бокьараб рахъалде бигьаго гьетIизабун буссинабизе бажарулеб габур. Габуралда буго 14 лагаялъулаб мугъзагьод (инсанасул - 7), гьелъул кумекалдалъун гьезда кIола бетIер 270 градусалъ сверизабизе, чорхол щибго хIалги хисичIого, бидурихьазегун гIадалнахуе заралги ккечIого.

Амма чан гьабиялъулъ беразда бихьи гьезул гьунаразул цо бутIалъун гурони гьечIо. Рузалъул гIинда рагIи буго бищунго бергьараб, гьелъ рикIкIуна гьел бищунго сас рагIулел хIанчIазда гьоркьор. ГIемерисеб мехалъ асимметриялъулаб къагIидаялъ рижарал гьезул гIундузул хасаб гIуцIиялъ, рузалъе рес кьола жинде чан гьабизе ракIалда бугеб хIайваналъул чIараб бакI цо градусалъул бутIаялдаса мекъи ккечIого мухIканлъиялда чIезабизе, тIубанго бецIаб бакIалдацин. Мисалалъе, «бородатая неясыть» абураб тайпаялъул рузалда рагIула километралде гIагарун манзилалдаса рикIкIад, бащдаб метралъул гIаздада гъоркь бугеб гIанкIил сасцин. Рузазул роржен букIуна сихIкъотIараб, хассаб расазул хIулиялъул рижиялъул куркьбаз лъугIизабула гьаваялъул турбулентность, гьелдалъун руз щибго сас халлъичIого щола жинде гьужум гьабизе бугеб хIайваналда тIаде.

ГIемерисел рузал роржуна сагIтие 50-80 километрги нахъа тун, гьужум гьабун унелъул 100–110 км бахуна. Руго цо-цо тайпаби, сезон хал гьабун, хинал улкабазде роржунелги.

Гьез гIемерисеб кваналеб жолъун буго гIункIкI, гIисинал рухIчIаголъаби, чIахIиял оцхIутIал, лъалакIачал, ччугIа. ГIункIкIал кваналел рукIиналъ, ролъ бекьараб бакIалда руз хьихьизе лъикIаб букIуна.

Гьез цIодорго, мухIканго гьарула бусаби. Гьарула гъутIбузул гьодорлъабазда жанир. Цогидал чан гьабулел хIанчIаз рехун тарал бусабиги ккола жидеего. Хоно лъола 2-ялдаса 13-ялде щвезегIан, гьезда кIусула моцIгIанасеб заманалъ. Хонода чIейги байбихьула тIоцебесеб хоно гьабурабго, гьелъ тIанчIи рахъула дагь-дагьккун. ТIанчIазул тIалабги гьабула цадахъ рекъон, чанго моцIалъ. Байбихьуда квен чIезабула бихьинаб рузалъ.

Рузалъул гIумруги гьезул тайпаялде ва сверухълъиялъул шартIазде балагьун батIи-батIияб букIуна. ГIалхуда гьитIинал ва гьоркьохъел тайпабазул гIумру 5-10 соналъ букIуна. Бугониги, захIматал шартIал, унтаби ва чан гьабулел хIанчIаз тунгутIи сабаблъун гIемерисез жидерго биологиялъулаб гIумру гьабуларо. Асирлъуда, ай зоопарказда букIине кколеб куцалда квен щолез гIумру гьабизе бегьула 20-ялдаса 50 соналде щвезегIан. Мисалалъе, асирлъуда ругел чIахIиял «Филин» абураб тайпаялъул рузаз гIумру гьабула 60-68 соналъ.

ГIемер тайпаби руго жакъасеб къоялъ лъугIун унелги.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...