Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Гаргадулеб хIинчI (попугай)

 

Попугаял ккола берцинал жал гурелги, инсанасда аскIоб хасаб бакI ккурал рухIчIаголъаби. Гьел руго кверде ругьун гьаризе бигьаял хIанчIи.

 

Попугаязул гIумруялъул болжал букIине бегьула, тайпа халгьабун, батIи-батIияб. Бищун гIумру халатаблъун рикIкIуна «Ара» абураб тайпаялъул попугай. Данде ккарал гьава-бакъалъул шартIазда гьез нусго сонцин бала. «Какаду» тайпаялъ гIумру гьабула 80 соналъ. ГIадамаз рокъор хьихьун рукIунел «Волнистые попугайчики» абураб тайпаялъ гIумру гьабулеб буго, гьоркьохъеб къагIидаялъ, 20 соналъ.

Попугай ккола ракьалда ругел хIанчIазда гьоркьор бищунго гIакъилазул цоялги. Инсанасул каламалдаса ва гьединго сверухъ ругел цогидалги жалазул бокьарал гьаркьазухъ гIенеккун, гьезухъа бажарула гьеб такрар гьабизе. Амма, рагIабазул дандраял ва хасал ахIвал-хIалазда рекъон гьаракь гьабулеллъун рукIаниги, гьезда, гIемерисеб мехалда, кIоларо рагIабазул магIна бичIчIизе. Бугониги, гьезул цо-цоязда кIола логикияб масъала тIубазе, предметал рикьизе ва хIатта рикIкIинецин.

Щибаб попугаялъул букIуна хасаб хасият. Гьезда гьоркьор руго кидаго рохалида рукIунел, сундулго ургъел гьечIого чIолел, жалго жидедаго чIарал, чIухIаралги. Амма гьел киналго цолъизарула цоцаздехун бугеб бухьеналъул ва гьудуллъиялъул хIажалъиялъ. ГIалхуда гьез гIумру гьабула рехъаби ккун, гьединлъидал, рокъобе бачаралда бигьаго кIола инсанасулгун бухьен гьабизе ва гьев жиндирго ритIухъав гьалмагълъун лъугьинавизе. Амма попугаялда чIалгIани, ресги батани, матIуялъубе балагьунги кIола гьелда жиндиего ракIгъей гьабизе.

Рокъор хьихьулел гьезие сахлъи ва талихI букIине ккани, къваригIуна роржине бакI, расанкIаби, данде кколеб квен, бищунго аслияб жо - тIалаб-агъаз.

Гьезулъ бугеб цоги гIажаибаб хаслъиялдасан ккола берзул канлъи, бихьизе кIола 340 градусалда, щибаб бералдаги кIола цогиялда хурхинчIого бихьизе ва хьвадизе, гьелъ рес кьола гьезие цадахъго кIиго предметалде кIвар буссинабизе.

АскIове вачIарасухъги халгьабун, гьезда кIола рохалил яги пашманлъиялъул сипат гьурмада гьабизе. Бакъназул сас рагIидал, расандизеги бокьула. Кванала хIатIаз кумекги гьабун. Цо-цо руго гIицIго къаси заманалда къватIире рахъунелги. Гьез гьабула чанги.

Гьел ругьун гьаризе кIола батIи-батIиял гьунарал гьаризе, гIадатиял алатал хIалтIизаризе. ХIатта хасал попугаял руго сакъатал гIадамазе кумек гьабизелъун ругьун гьаруралги.

ГIемерисеб мехалда, тIанчIазул тIалабги гьабун, гьез гIумру тIамула рос-лъадуцаго гIадин цадахъ.

Дунялалда гьезул буго 400 тайпа. Руго гIисиналги чIахIиялги. «Какапо» абураб рикIкIуна бищун кIудияблъун – 4 кг, халалъи – 60 см, амма гьеб боржунаро. Боржунезул «Гиацинтовый ара» абураб буго бищун кIудияб – 1,5-2кг, халалъи – 100 см. Бищун гьитIинаб – «Дятловый попугайчик Шлегеля» - 13-17 грамм, халалъи – 9 см.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...