Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Пил ккола ракьалда гIумру гьабун ругел хIайваназул бищун кIудияб. Цебе пилазул букIун буго 40-гIанасеб тайпа, гьанже лъабго хутIун бугин абула: Африкаялъул саваналъул, Африкаялъул рохьил ва Азиялъул пил.

 

Гьезул халалъи бахуна 6-7,5 метраялде, гьоркьохъеб черхалъул цIайи -5 тонна. Бищун кIудияб пилалъул цIайи букIана 11 тонна. ГьабсагIаталда ракьалда бугин абула щунусазаргогIанасеб пил.

Азиялъулаб рикIкIуна гьитIинаб пиллъун, гьелъул гIундулги гьитIинал руго. Гьелъул гьечIо къватIибе бачIунеб тIасияб кIветI, сунтIуралъул (хобот) рагIалда буго кIиго килищ гIадаб къватIибе бачIин, хIажатаб жо босизе ва тIезе кумекалъе хIалтIизабулеб.

Африкаялъулаб кIиябго тайпаялъул пилазул гIундул руго чIахIиял. Лъурдулги гьезул чIахIиял руго, рохьил абуралъул – ритIарал, саванавалъул - гургинлъи бачIарал.

Гьез гIумру гьабула къокъабазде рикьун. ХIайваназда гьоркьор пилал руго бищун гъунки бугеллъунги. ЦIуялъ къокъа рехун тола хвезе гIагарлъидал, бихьиналъ – херлъидал, гьеб мехалъги бихьинаб букIуна жибго гIадал цогидал бихьиназда цадахъ.

ТIинчI бахъулелъул рукIуна гIажаибал хIаял. Къинаблъун букIуна 22 моцIалъ. Цо-цо пилалъ тIинчI гьаби бачIинабула хасал тIегь-херал хIалтIизарун. Гьабураб тIинчIалъул цIайи букIуна 120 кг, канлъи бихьулареблъунги букIуна, билълъанхъулелъул нух бачине гьелъ эбелалъул рачI сунтIуралъ ккола. ТIинчIалъе тарбия гьабула къокъаялда ругел цогидал цIуязги.

Гьезул буго бищун кIудияб гIадалнахги - 5 кг. Гьезда бажарула 60-ялдасаги батIияб команда ракIалда чIезабизе, квердеги ругьунлъула бигьаго. Гьезул гьурмада халлъула пашманлъи, ургъел, цоцазухъ чIалгIен, гьабула цогидазе кумек. БукIуна бакънал рачине бажари, хоботалдалъун сурат бахъизе гьунар.

Къокъаялда бугеб цояб унтани, цогидаз чIезабула гьелъие кваназе жо. АскIоб бугеб пил холеб бугони, цогидалъ лъим тIаде щван, лъавудаса ине толаро, хвей якъинлъидалги аскIор ругел сихIкъотIун чIола.

Цо-цояз пил хведал, гвендги бухъун, гьеб жанибе ккезабула, тIаде гъаркьалаби гIадабги рехун, ракьулъ букъула, цинги чанго къоялъ аскIорги чIола.

Гьезул рукIуна цоцазулгун бухьен гьарулел хасал гьаркьал ва хIатIал гIодор кьабун гьарулел къагIидаби. ЧIезабун буго гьеб бухьен гьабиялъе хIалтIизарулел сасал инсанасул гIундузда рагIуларинги.

Гьез кванала хер. Кьижула гIицIго 2-3 сагIаталъ. Кваназе жо тIалаб гьабун уна гьезул гIемерисеб заман.

ГIемер кваналел рукIиналъ гьезул цабиги хола, гIумруялда жанир цаби хисула 6-7 нухалъниги. ЦIиял цаби рижула кIалзул нахъисеб рахъалда, цинги дагь-дагьккун цересел хисун рачIуна къватIире. АскIоб бугелъул цаби хведалги кумек гьабула цогидалъ, гьелъие квен чIезабизе. ГIемерисел (жалго жидедаго хутIарал) пилал хвейги букIуна ракъун.

Пилазул рекIел цIайи букIуна 20-30 кг, минуталда жаниб ракI кьабула 30 нухалъ.

ГIундул хIалтIизарула тIутIал хъамизе ва багIаридал гьури гьабизе.

Гьезул сунтIурги буго цIакъ гIажаибаб лага. Гьеб хIалтIизабула чияс кверал хIалтIизариялдаго релълъун. Гьелда жанибе уна 7-8 литр лъадал. СунтIуралда буго 40 000-гIанасеб рецептор, гьединлъидал пилалда кIола махI бачинеги. 

Лълъурдул кIиго нухалъ рижула. ЧIахIиязул - лъагIалида жаниб 18 см. гIола. Гьезда тIад лъун баччула бакIаб жоги.

Пилал рукIуна квараналги квегIалги. Гьебги лъала хIалтIулелъул, кинаб рахъалда бугеб лълъаралде хIал гьабулеб бугебали халгьабун.

Пилалъул щибаб хIатIида буго 5 килищ, амма щибалда гьечIо малъ. Африкаялъул рохьилаб пилалдаги Азиаталъулалдаги буго: цебеселда – 5, нахъиселда - 4 малъ. Саваниябин абулелъул цебеселда - 5, нахъиселда - 3. ХIатIалги руго кутакалда къуватал.

Гьезда кIола лъикIго лъим ххазеги. Амма кIанцIизе яги рекеризе бажаруларо. Рилъанхъизе бажарула хехаб къагIидалда.

Гьезул тIомги буго биццатаб - 3,5-4 см бугеб. ГIумру гьабула 50-70 соналъ. Бищун хераб пилалъ бан буго 86 сон.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...