Аслияб гьумералде

Къуръаналъул хIикмат

Къуръаналъул хIикмат

Къуръаналъул хIикмат

Гьаб заманалда гурони гIалимзабазул гIакълу хадуб гъечIо 1400 соналъ цереккун рещтIарал Къуръаналъул гIемерал аятазда жанир ругел хIикматал баян гьаризе.

 

Къуръаналъул хIикма-таздасан буго гьеб художествияб гIуцIиялъул рахъалъанги жинда релълъараб гьечIеблъи. Хирияб Къуръаналда жаниб цониги бакIалда гьечIо дандеккунгутIи. Амма гьеб буго сонал анагIан гIалимзабазе жинда жаниб жавабал ратулеб гъамаслъун.

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго: «Дица гьаб Къуръан цIакъ бигьаяблъун гьабун буго жиб цIализе ва жиндаса гIакълу босизе», - ян (суратул Къамар, 22 аят).

ЦIализеги лъазабизеги бигьаяблъун бугониги, Къуръан аскIобе къанцин релълъараб гьечIо литературиял цогидал асаразда. Лингвистазги филологазги чIезабун буго гьениб хъваралда релълъараб цо предложенияцин инсанасда гIуцIизе кIунгутIи. Гьебги ккола Къуръаналъул хIикмат.

ХIисаб гьабеха, ракьалда ругелщинал миллиардал гIадамазул цонигиясда хIалкIоларо Къуръаналъул аяталда релълъараб цо предложенияцин гIуцIизе.

Гьелдаса кIудияб хIикмалъи щиб букIинеб!?

 

СагIид Мурадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...