Аслияб гьумералде

Шамил имамасул хIалтIи цебе бачунеб буго

Шамил имамасул хIалтIи цебе бачунеб буго

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана 155 сон Шамил имам накълулъаралдаса. Гьебгощинаб заманалда гьесул хIалтIул бицен къотIичIо, хIатта къо анагIан цIикIкIунебцин буго. Балагье цоги гьадинаб хIикматалдеги, нилъер щивав чияс гьесул тарихалъул бицунеб рагIидал, балагьулеб букIуна жидерго районалъул бицен, росдал цIар, гIагарлъиялъул чиясул гъазаваталда букIараб гIахьаллъи. Балагьеха, диналъул агьлу, цохIо имамасул гуребги гьесда цадахъ рукIаразул тарих нилъее кигIанаб гIагараб бугебали.

 

Шамил имамасул цIар гIемерал гIадамаз чанго батIияб къагIидаялдалъун рехсезе бегьула. Цояз хIинкъи лъаларев бахIарчи хIисабалда, цогидаз чорхол гьунар бергьарав къуватав чилъун, цогидаз сиясат бачине, бетIерлъи гьабизе бажарулев чи гIадин. Гьеб кинабго битIараб буго. Амма Шамил имамасул аслияб хIалтIи букIана Дагъистаналда тIеренлъун букIараб ислам щула гьаби, халкъалда Аллагьасул шаригIат бичIчIизаби, гьелда гIамал гьабиялде халкъ ахIи.

Киданиги нилъеда ракIалде ккезе бегьуларо Шамил имамасе рагъ гьабизе къваригIун букIанин, жиндирго къуватги хIалтIизабун Дагъистаналъул бетIерлъи гьесие бокьун букIанин абураб пикру. Имамасул аслияб мурад букIана халкъалда гьоркьоб шаргIияб нух тIибитIизаби, битIараб нухде гьел ккезари, дунялалъул боцIуца мехтарал ханзабазул лагълъиялдаса гIадамал хвасар гьари.

ХIакъикъаталдаги Шамилил заманалдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегIанги гьеб хIалтIи гьоркьоб къотIун гьечIо. Гьеб нухда бачунеб буго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул тадбиралда гъоркь Дагъистаналъул муфтияталъгун пикруцоял гIалимзабаз. Гьай, аман, имамасул заманалда щайдай жив вукIинчIевин гьесие кумекалъеянги абун, керен бухулелги камуларо. Гьезие жидерго анищ тIубазе жакъаги лъикIаб рес буго. Щибин абуни, гьале муфтиятги, гьале гьелъул хIалтIиги. Жакъа гьабулеб бугеб исламалъул хIалтIи Шамил имамасул заманалдаса къураб бугин абиларо. Шагьидзабазул сайид СагIид-афандияс абулеб рагIана, Шамил имамасул заманалдаса жакъасеб заманалъул хIалтIи захIматаб бугин. Щайгурелъул, гьесул заманалда тушман цеве вукIана, гьес гьабулебги лъалеб ва бихьулеб букIана. Гьажейин абуни, тушманги цеве гьечIеб, щивгун вагъилев вугевалиги лъалареб мех буго.

Шамил имамасул къо тIобитIулел абун кечI-бакъаналъул вечералги гьарун тIубаларо нилъ. Имамасул нух кквезе, гьесул иш нухда бачине бокьарав вачIине рекъола гьесул ирсилаллъун кколел гIалимзабазухъе, муфтияталде. Гьезул малъиялда рекъон, къо ккаралъуб бажарараб хIалтIи гьаби буго имамасе гьабулеб хъулухъги кумек.

ГIункIкIал гIадин къватIисел улкабаздеги тIурун, видеороликалги рахъун, Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал бицин релълъуна гохIда нахъаги вахчун вагъулевин жиндаго ракIалде ккарасда. Кинавниги чиясул мацIалда бугеб жо буго цолъи, рекъел абун. Суал буго, сунда сверухъ цолъилел? Щибаб росулъ вугев гIалимасдайищ? Гьебищ ккараб цолъи? Гьел гIалимзаби цолъизе кколарищ исламалъул цевехъанасда хадур?

Исламалъул тарихалда жаниб цеве вугев имамасдаги нахърилълъинчIого данде рахъун ва батIа чIаралщинал гIадамазулги руго жиде-жидеего рачунел Къуръан-хIадисалдасан далилал. Амма гьелъиеги буго Къуръаналда баян. Суратул «Кагьфалда» буго гьадинаб аят: «Гьаб дунялалда жидер гIамал къосараб, мекъаб букIарал, амма гьеб лъикIаб гIамалин абун ракIалдеги ккарал», - ян. Аллагьас нилъ цIунаги гьединазда гъорлъа ратиялдаса.

РачIа, диналъул вацал, цеве вукIарав Шамил имамасул адаб цIунизе нилъер заманалъул имамасда нихърилълъиналдалъун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...