Аслияб гьумералде

Дагьалъги хайир кьола

Дагьалъги хайир кьола

Чиясул къадру цIунула гьесул лъаялъ. Хасго лъайги бугони шаригIаталъул гIурхъабазда хурхараб. Лъай бугесухъа бажарула нух бахъизе, хIарамлъиялде ккечIого чIезе, гьабулеб иш мунпагIат букIунедухъ бачине. Гьеб буго Аллагьасда I аскIобги тIадегIанаб ва ахираталдаги пайдаяб нух. Аллагьас I абун буго (магIна): «Жидеда жо лъалелги лъаларелги ращалъулищ?» - абун (сура «аз-Зумар»).

 

ГIелмуялъул ва гьеб лъазабиялъул хIакъалъулъ абун буго: «Нужеца гIелму лъазабе, гьелъ рачуна Аллагьасда ﷻ аскIор хIинкъиялде, цинги жибги лъугьуна гIибадатлъун. ГIелму малъи - тасбихIгун садакъа буго, гIелмуялда хурхун бахIс гьаби жигьад буго, живго жиндаго вугелъулъ рекIелгъейгун гьудул буго, диналъулъ хIужаги, балагь-къварилъабазулъгун рохелазда сабру гьабизе малъулеб насихIатчиги буго, Алжаналде унеб нухда чирахълъунги буго. Гьелдалъун Аллагьас ﷻ къавмал рорхизарула, цинги лъикIлъиялъулъ жидеда хадур цогиял рилълъун халкъ тIоритIулел церахъабилъунги гьарула. Гьезие кинабниги махлукъаталъ мунагьал чури тIалаб гьабула, хIатта ралъдалъ бугеб ччугIаялъги», - абун.

ХIадисалда буго: «ГIалимзаби аварагзабазул ирсилал ккола», - ян (Абу-Давуд).

Жидералдаса тIадегIанаб даража бугел цогидал гьечIел, аварагзабазул ирслъиялде рачунел руго гьеб гIелму тIалаб гьабурал бусурбаби. Цинги гьеб тIалаб гьабизе щвейги Аллагьасул ﷻ цоги нигIмат буго МухIаммадияб умматалъе.

Аварагас ﷺ абуна: «ГIелму тIалаб гьабулев чиясе, гьес гьабулеб жоялдаса разилъун, малаикзабаз жидер кваркьаби тIиритIула», - абун (АхIмад). Малаикзабаз кваркьи жидее тIамулел, гьезул цIуниялда гъоркьги рукIинарищ?

Кидаго бусурбабаз тIадчIей гьабизе ккола гIелму лъазабиялда. Гьеб буго бецIлъиялдаса ракIал чIаго гьари, беразе канлъи. Гьелъул гьабизе ккола къимат. Гьеб ккола инсан тIадегIан гьавулеб жавгьар, Аллагь ﷻ лъаялде рачунеб нур. ХIадисалда буго: «ГIелму тIалаб гьабулеб нухде лъугьарав чи Аллагьас Алжаналъул нухде лъугьинавула», - ян (Муслим).

Гьеб буго дунявияб бечелъиялдасаги лъикIаб. ГIелму цIикIкIанагIан чи гьелъ цIунула, дунялалъул магIишат гIемерлъанагIан ургъалаби цIикIкIиналде рачуна. ГIали-асхIабас гьедин абунги буго.

ГIелмуялдалъун чи щола лъикIал чагIазул бакIалде ва тIадегIанал даражабазде.

Аллагьас ﷻ щивасе тавпикъ кьеги пайдаяб, живго хвасарлъиялде вачунеб гIелму тIалаб гьабиялъе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...