Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Цер

 

Дунялалда ругел рухIчIаголъабазул бищун хIикматабин абизе бегьула царада. Гьел рикIкIуна сихIираллъунги, хIилла-рекIкI гьабизе лъалеллъунги. Гьедин абиялъеги гIилла буго, гьезда хехго кIолеб букIиналъ хIинкъи ккараб бакIалдаса рорчIизе, ракIалдаго гьечIел бакIазда квен балагьизе, тохлъукьего гьава-бакъ хисидал, гьелде ругьунлъизе.

 

Гьез гIумру гьабула дунялалъул батIи-батIиял бакIазда. Гьезул буго 12 тайпаги. Бищун машгьурал ккола: гIадатиял, афгъаналъулал, америкаялъулал, салул авлахъалъулал, тибеталъулал.

Бищун гьитIинаб тайпаялъул цер буго «Фенек» абураб, чIахIиял гIундулги ругеб. Гьеб рикIкIуна салул авлахъалда гIумру гьабулеблъун. Гьелъул цIайи 1,5 килограммалдаса тIаде бахунаро, халалъиги - къанагIат гурони 40 сантиметралде щоларо.

ГIадатияб царал чорхол халалъи букIуна 60-90 см, рачIалъул – 40-60 см, чорхол цIайи бахуна – 5-8 килограммалде цIуязул, бихьиназул – 6-10 кг.

Цурдузул сихIираб къагIида букIуна чан гьабулелъул. ГIужрукъ буго черхалда рукIкIби ругеб, хIинкъи ккедал данде бакIарун унеб хIайван. Цараца чан гьабулелъул гьеб бортизабула лъелъе ва гьениб рагьун бачIиндал, хIанчIула рукIкIби гьечIеб бакIалда.

Цурдузул бищун цебетIураб бажарилъун рикIкIуна сас рагIи ва махI бачин. Гьеб кIиябго хаслъиялдалъун лъазабула гIемерисеб нухалъ сверухъ лъугьунелъул ахIвал-хIал. Канлъиги буго гьезул цебетIураб, гьединлъидал гьабула къаси заманалъги чан.

Цурдузул руго къартIарал малъал, гьезул кумекалдалъун ххарула гъутIбузде ва рорхатал бакIазде.

ГIемерисеб мехалда гIумру гьабун букIуна жибго жиндаго чIун. ГIицIго тIанчIи рахъизе риидалил заманалъ гурони балагьуларо дандияб. ГIумруги гьабула (гIемерисез) ракьулъ, картIазухъ. КартIалги рукIуна чанго батIияб къватIибе нух бугеб, лабиринт хIисабалда бухъараб. Аслияб чIей гьабулеб бакI букIуна 1,5 метралъ жаниб. Жидерго бакIазул гIурхъаби чIезаризе хIалтIизарула хасал махIал.

ГIалимзабаз чIезабун буго чан гьабизелъун гьез ракьалъул магнитиял поляби хIалтIизарулин, хасго квачараб заманалда.

Гьезул цо-цо тайпабазда кIола, сагIтие 50 километрги нахъа тун, рекеризе. 2 метралъул борхалъуде гIунтIун эхеде кIанцIула, халалъухъе - 4-5 м.

40-ялдасаги батIи-батIиял гьаркьал гьаризеги кIола. ХIинкъи ккараб мехалъ биччала гIажаибаб гьаракь, цогидазда лъазабиялъул гIаламат жаниб бугеб. Гьве гIадин хIапдезеги хIапдола.

Амма цурдул кверде ругьун гьаризе бажаруларо.

ГIалхуда гIумру гьабула 6-8 соналъ, гIадамазул тIалаб-агъазалда ругез - 20-25 сонги бала.

ЦIорорал бакIазда гIумру гьабулел цурдуз хIехьола 70 градусалъул квач. ГIазул метралъул биццалъиялда гъоркь бугеб гIонкIкIол сасги рагIула.

Бажари буго тIубараб сордоялъ чIечIого бекеризе. Гьел рикIкIуна рацIцIадал хIайваналлъунги. ХIинкъи ккедал лъимги ххала. Кванил нахърателалги гьарула.

РачI хIалтIизабула бекериялъул баланс цIунизе, квачараб заманалъ къаркъалаялъе хинлъи гьабиялъе.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...