Аслияб гьумералде

Холелъулги кумек

Холелъулги кумек

Сивак хIалтIизабиялъул пайда

Сивак хIалтIизабиялъул гIемер бицана, гьелдалъун бугеб ажру-кириялъул рагIичIев чиги ватиларо. «Ал-Бажури» абураб тIехьалда хъван буго: «Сивак хIалтIизабиялъул хаслъабаздасан гIалимзабаз лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун пайдаби рехсон руго.  Гьеб ккола чи холелъул гьесда шагьадат битIизе ракIалде щвезабулеб гIаламатги…», - ян. 

 

 

пайда

ГIалимзабаз абулеб буго, цаби рацIцIад гьари гуребги, сивакалъ гIусазул унтабазеги кумек гьабулин абун. Сивак хIалтIизабизе бегьула мацI бацIцIад гьабизеги. Гьеб кколелъулха батIи-батIиял бактериял тIад лъугьунеб бакI. Цо нухалъ гьеб хIалтIизабуни, кIиго сордо-къоялъ  кIалдир рукIунел заралиял жалаздаса цIунун хутIулел руго. Сивак гIемер хIалтIизабиялъ  кумек гьабула хъалиян тезеги.

 

 

 

Сивак гьабула «Арак» абураб гъотIол кьолбодаса ва гIаркьалабаздаса. Гьеб бижула СагIудиязул ГIарабиялда, Индиялда, Пакистаналда, Йеменалда, Африкаялъул цо-цо улкабазда. Бижизеги гьеб хIинцго бижула, гъветIги гьелъул кидаго гIурччинаб, гIезегIан борхатаб, гIемерал гIаркьалаби ругеб букIуна.

Гьеб хIалтIизаби буго кутакалда аварагас ﷺ  кIвар кьолеб букIараб суннатги. Сивак буго Аллагьасеги ﷻ бокьулеб гIамал. Ибну ГIабасица бицараб хIадисалда буго: «Сивакги бахъун бараб кIиго ракагIат дие цIикIкIун бокьила, гьебги бахъичIого бараб лъабкъоялда анцIго ракагIаталдаса», - ян. РухIияб рахъ халгьабун гуребги, гьелъулъ буго чиясул сахлъи цIуниялъе гIемерал пайдаби.

Сивак хIалтIизабизе ккола кьижилалде цебе ва макьидаса рорчIидал, кванайдал. ХIалтIизабун хадуб чуризеги лъикIаб буго. ЦIунулелъулги кIалтIу къараб жоялда жаниб тоге, тIад ккал чIвала.    

Ибну Къайим абурав гIалимчияс «АтI-тIибу ннабавия» тIехьалда рехсон руго сивак хIалтIизабиялъ гьарулел пайдаби:

  • КIал гьогьомизабула.
  • Цаби щула ва хъахI гьарула.
  • Цаби-гIусазда тIад лъугьарал тIанкIал инарула.
  • Кариес лъугьине толаро.
  • КIалдиса рокьукъаб махI тIагIинабула.
  • КIал чвахи чIезабула.
  • Гьаракь бахъинабулел рухьенал рацIцIад гьарула.
  • МацI пасахIатлъизабула.
  • ЦIодорлъи цIикIкIина-була.
  • ТIомол кьер, берзул канлъи лъикI гьабула.
  • Рас хъахIлъи хIинц-лъизабула.
  • Гьан, кванирукъ, ракI къвакIизабула.
  • Квен бихIин лъикI гьабула.
  • Чорхолъа кIвахI инабула.
  • Аллагь ﷻ рехсеялде, Къуръан цIалиялде, как баялде гьесизарула.
  • Малаикзаби хIайран гьарула.
  • Гьабураб гIамалалъул даража цIикIкIинабула.

ГIалимзабаз чIезабун буго сивак хIалтIизаби пайдаяб бугин хвараб ца, гIус бахъун хадуб лъугьараб хьверд къотIизабизе ва цIияб баккулелъе. Сивакалъулъ бугеб триметиламин абураб гIуцIиялъгун «G» витаминалъ кумек гьабулеб буго дабал щула гьаризе, гьезда лъугьарал ругънал сахлъизаризе, кьватIелал инаризе.

Гьединго зама-заманалда сивак хIалтIизабиялъ чанго батIияб унти сах гьабула ва херлъидал гIакълуги цIодорлъиги цIунизе кумек букIуна.

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...