ГIажаибаб мугIжизат
Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.
Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна:
وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون
МагIна: «Гьев (Аллагь) вуго сордоги къоги, бакъги моцӀги Жинца бижарав, киналго жидер орбитабазда хьвадулел ругел», - ян (суратул «Анбияъ» 33 аят).
«Киналго жидер орбитабазда хьвадулел руго» абурал рагIабазул буго кIудияб хIикмат. ГIараб мацIалъ гьел рагIаби цебесан яги нахъасан цIалани, цого магIна кьола ва гор гIадин лъугьуна. Гьаниб лъураб сураталда бихьила нужеда гьеб. Гьелъул магIна ккола Къуват кIудияв Аллагьас ﷻ гьаб дунял ва космос бижараблъи равновесиялда. ХIатта Къуръаналъул хIарпаз гьеб бащалъи баян гьабуна. Гьелда абула палиндром абун. Гьелъул тафсир ва магIна цIализе бегьула интернеталдасан. Палиндром абула цебесанги нахъасанги цIализе кIолеб магIнаялда. Мисалалъе босизин гIурус мацIалъул рагIи - «Довод». Гьелъ цебесанги нахъасанги цIалани цого магIна кьола. Гьединабго магIна кьола доб аяталъул ахирисел рагIабаз. Гьеб нужеда бихьила гьаниб лъураб сураталдасанги.