Аслияб гьумералде

Михъазда сверун гIелмияб бахIс

Дагъистаниязе рекъараб буго ШафигIияб мазгьабалъул хIукмуялда нахърилълъине

Михъазда сверун гIелмияб бахIс

Ахираб заманалда михъал теялъулги гьел кIкIваялъулги суал мегеж теялъулалдасацин цIикIкIун жинде кIвар кьолеблъун лъугьун буго. Гьединлъидал хIукму ккана гьеб суал борхизе ва мазгьабазда рекъон кин бугебали халгьабизе.

Дагъистаналда ШафигIияб мазгьаб тIибитIун бугелъул, дагьабго гIатIидго гьеб мазгьабалъул хIукму бицани лъикIаб букIина. Цо-цо баянал цогидал мазгьабаздаса гъоркьореги рачун, нилъеца гьеб бицина имам Нававиясул «МаджмугI ШархI-уль-мугьззаб» абураб тIехьалдасан.

«Киналго гIалимзаби тIадрекъана михъал къунцIи суннатаб букIиналда. Гьелъие далиллъунги руго аварагасул хIадисал. Аварагас абуна: «Жиндир михъаздаса рас босуларев чи, гьев нилъер чи гуро», - ян (Тирмизи).

Хадубги, михъал къунцIиялъул гIаммаб къагIидалъун нилъер мазгьабалда рикIкIунеб буго кIкIвай гуреб, кIветIалъул рагIал бихьиледухъ къунцIи.

Имам АхIмадица абулеб буго, михъал кIкIваниги къварилъи гьечIила, гьединго, къунцIун таниги къварилъи гьечIила. Гьелъие далиллъунги гьес рачунел руго кьучIал хIадисал. Гьезда гъоркьоб буго жинда Аллагь разилъаяв ибну ГIумарица бицараб хIадисги.

Аварагас абунила: «Нужеца михъал кIкIвай ва мугжул те», - ян. (Бухари Муслим). Гьебго хIадисалъул цогидаб риваяталда буго: «Михъал къунцIe...», - абунги.

Гьел киналго риваятазул нилъер мазгьабалда рекъон магIна бугин абулеб буго: кIкIвазе кколеб бакI бугила кIветIалъул рагIал, михъазул кинабго рас гуреб.

Гьедин михъал тIубан кIкIвазе гуреб, къунцIизе суннатаб букIиналъе далилаздасан цояблъун кколеб буго Аллагь разилъаяв ибну ГIаббасица бицараб хIадис: «Аварагас михъал къунцIулаанила яги михъазул рас тIаса босулаанила ва абулаанила: жинда Аллагьасул салам лъеяв Ибрагьим аварагасги гьедин гьабулаанин», - абун (Тирмизи).

Гьединго Байгьакъияс жиндирго «Сунаназда» бицун буго, жинда Аллагь разилъаяв ШурахIбил ибн Муслимица абунилан: «Дида рихьана аварагасул асхIабзабаздасан щугоял жидеца михъал къунцIулел рукIарал. Абу Умамат аль-Багьили, ГIабдуллагь ибн Баср, ГIутба ибн ГIабду Ссалмий, ХIажаж ибн ГIамир ас-Самалий ва Микъдам ибн МагIдий. Гьел киналго асхIабзабаз, жидедаса Аллагь разилъаяз, михъал къунцIулел рукIана кIветIалъул рагIал ккун.

Гьединго Байгьакъияс имам Маликидасан бицунеб буго: «Гьесда цебе цо-цояз михъал кIкIвалел ругин бицен гьабидал, имам Маликица абун буго: «Гьеб жо гьабулел чагIазда кьабизе ккола, щайгурелъул аварагасдасан бицараб хIадисалда гьедин гьечIелъул, ай кIкIвазе кколин гьечIелъул». Цоги, имам Маликица абун буго: «Михъал кIкIвай буго гIадамазда гъоркьоб нахъа загьирлъараб бидгIа», - илан.

Имам Гъазалиясги абун буго: «Михъазул рагIалал халат риччаялъул къварилъи гьечIо, щайгурелъул жинда Аллагь разилъаяв ГIумар асхIабасги цогидазги гьедин толеб букIиндал. Киналъулго халги гьабун дицаги (имам Навави) гьелъул хIакъалъулъ абулеб буго: «Щибго къварилъи гьечIо гьел (михъазул рагIалал) къунцIаниги. Гьелъул хIадисги Байгьакъияс ибну ГIумаридасан бицун буго.

Суннатаб буго михъал кваранаб рахъалдасан байбихьун къунцIизе, щайгурелъул жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв аварагасе кинабго жоялъулъ бокьулаан кваранисахун байбихьизе».

Имам Нававияс гьаб тIехьалда хъваралда рекъон, нилъеда цоги нухалда якъинго бихьулеб буго, ШафигIияб мазгьабалда рекъон михъал кIветI загьирлъулеб хIалалъ къунцIизе лъикIаб букIин. Гьелъул хIакъалъулъ рачIарал цоги-цоги хIадисалги руго.

Гьединлъидал, Дагъистаналъул агьлуялъе цIакъго рекъараб букIина ШафигIияб мазгьабалъул хIукмуялда нахърилълъине, щайгурелъул нилъер вилаяталда гьеб мазгьаб тIибитIун бугелъул. Гьедин гьабулеб бугони, гьелъ диналъул вацазул хIакъалъулъ квешаб жо ракIалде ккеялдаса цIунизе рес кьезе буго, тIубараб лъайги гьечIого жо абулеллъун ругелги.

НУРМУХIАММАД ГIИЗУДИНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...