Аслияб гьумералде

«ХъахIал къоял»

«ХъахIал къоял»

Аварагасул ﷺ  суннаталдасан ккола лъагIалил хасал къояз суннатал кIалал кквей. Гьездасан ккола шаввал моцIалъул 6 къо, итни-хамиз къояз кIал кквей ва щибаб моцIалъул лъабго къоялъ кIал кквей.

Гьеб лъабго къоялдаги абула «хъахIал къоялин» абун. Бичасул Расулас ﷺ  гьел къояз кидаго кколаан кIалал ва асхIабзабиги ахIулаан кIалал кквеялде.

Суннатал кIалал кквеялдалъун инсанасе гIемерал хиралъаби щола. Гьелъухъ щолеб жазаялъул ТIадегIанав Аллагьасда гурони лъаларо. БетIергьанас Жиндаго тIаде босана кIал ккурав чиясе ажру-кири кьезе.

Суннатал кIалал ккурал гIадамазе бугеб хиралъиялъул бицун рачIарал хIадисал цIакъго гIемерал руго. Аварагас ﷺ  абуна: «Аллагьасул нухда цогIаги кIал ккурав чиясул гьумер ТIадегIанас 70 соналъ жужахIалъул цIаялдаса цIунула», - ян. (Муслим, ибну Мажагь)

Цогидаб хIадисалда буго: «Щибаб моцIалъ кколеб лъабго кIал лъагIалил кIалалда бащалъула. Гьел къоялги моцI бащалъиялъул лъабго къо буго», - ян. (Насаи)

Щайха гьел къоязда «ХъахIал къоялин» абулел?

Цо нухалъ пуланав чияс ГIали-асхIабасда гьикъана: «Щибаб моцIалъул 13-14-15 къоязда хъахIал къоялин щай абулел?» - илан. Гьес жаваб гьабуна: «ТIадегIанав Аллагьас Адам авараг алжаналъуса ракьалде витIидал, гьесул тIом бакъуца бухIизабун чIегIерлъана. Гьелда хадуб гьесухъе вачIана ЖабрагIил малаик ва гьикъана: «Ле, Адам, дуе бокьун бугищ дур тIом букIараб хIалалъ хъахIлъизе?» - абун. Бугилан гьес жаваб кьедал, ЖабрагIил малаикас абуна: «Гьаб моцIалъул 13-14-15 къояз кIал кквей», - илан.

Адам аварагас кIалал кквезе байбихьана. ТIоцебесеб кIал ккведал гьесул тIом бащдалъул бащдаб хъахIлъана. КIиабилеб кIал ккведал жеги хъахIлъана, лъабабилеб кIал ккведал букIараб хIалалъ хъахIлъана тIом. Гьаб лъугьа-бахъиналда бан абула гьел къоязда «хъахIал къоялинги» абун.

Гьел къоял баян гьарун аварагасги ﷺ  бицана моцIрол бащалъиялъулъ ругел лъабго къо гьел кколин абун.

Гьединго, «хъахIал къоялин» гьезда абиялъе гIилла - гьел къоял моцI бащалъуде кколел рукIиналъ, бищун гвангъун рукIуна.

Абу Заррица бицана, хирияв аварагас ﷺ  щибаб моцIрол лъабго къоялъ, ай 13-14-15 къояз кIалал кквеялде ниж ахIулаанин абун. (Тирмизи, Насаи)

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...