Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ГъотIоркIо

 

ГъутIбузда картIал рахъулел хIанчIазул цо тайпа ккола гъотIоркIаби. Цо-цо мехалда тIубараб сагIатги бала гьез гъотIода каратI бахъулаго, цадахъго гъотIодаса баккулеб лъедаса квенги балагьулаго.

 

ГъотIоркIабазул буго 220 тайпа. Бищунго чIахIиязул бакIлъи букIуна 400-500 грамм, бищун гьитIиназул – 10 грамм.

ГIемерисеб гIумру уна гьезул гъутIбузда. Роржине гьунар бугел рукIаниги, роржанхъизе гIемер бокьуларо гьезие.

Гьел къанагIат гурони ракьалда рещтIунаро ва кьижулелъулги гъотIол хIубиялдаги хурхун кьижула.

Руго ракьалда гIумру гьабулелги ва гьез жанир чIезе картIал гьарула ракьулъ.

Руго кутакалда гIин цIодорал. Гьезда кIола гъотIол хъалалдасан ххарун рачIунел рухIчIаголъабазул сасалцин рагIизе. Кванала гъотIода рукIунел цIунцIраби.

Къойида жаниб гьез азаргоялдасаги цIикIкIун рухIчIаголъи кванала.

Гьезул хIатIикилщал руго кIиго цебехун ва кIиго нахъехун буссун рижарал.

РачIалда ругел хIулаби руго къвакIарал, регIерал. Киналго хIанчIаз рачIчIал хIалтIизарула руль хIисабалда. Амма гъотIоркIоялъ рачIчI хIалтIизабула гъотIодасан ххаризе кумекалъеги, гьелда хурхун чIезе мугъчIваялъеги. Гьелъ, рачIчIазул рагIаллъаби тIогьиса хIулизеги хIулула.

Гьез киданиги сахаб гъотIода кIутIуларо. КIутIула унтараб яги туризе байбихьулеб гъветIалда.

МагIазукъалазул кар-тIал руго цIакъ согIал, къвакIарал, расаз рахчарал. Гьез гьуъразулъе цIулал хIур инеги толаро.

ГIадатиял гъотIоркIабаз секундалда жаниб 20 нухалда кIутIула гозо.

ЧIегIераб тайпаялъул гъотIоркIо буго бищун хIалтIизе бокьулеблъун ва гьелда кIола 13 сагIаталъги кIетIезе.

Цогидазулгун бухьен гьабула гъотIода хасаб сас бахъинабун. Гьедин ахIула бихьиналъ цIуяб аскIобеги. ГъотIода кIудияб гьаракь бахъинабун кIутIиялдалъунги лъазабула хасаб бакI ккун букIин.

ГъотIода кьабулелъул гьезул бетIералда лъугьунеб сороди лъугIизабула гвангвараялдаги гозоялдаги гьоркьоб бугеб щекIалъ. Щибаб нухалда гьелъ гъотIода кIутIидал хасаб ччобориялъ гвангвара гозоялдаса нахъе цула.

Гьезул мацI буго, гозоялдасаги бетIералдасаги, 10 сантиметралде щун, халатаб. Гьебги буго, гвангвара сверун лъугьун, беразда цебе щун, магIазукъалазул картIазда аскIобе бачIараб. МацIалъги кумек гьабула, гозоялъ кIутIулелъул бетIер унтизе биччангутIизе. МацIалъул тIогьиб руго цаби гIадал регIерлъаби рекIунеб хIацIу, гьеб кIиябго хаслъиялъ кумек гьабула чан гьабулелъул рухIчIаголъаби кквезе. ТIанчIазул мацI гьединаб букIунаро, гьединаблъун лъугьуна заман байдал.

Цого каратI кIиабилеб соналъ гьез кколаро. Цебесеб соналъ гъотIоркIоялъул букIараб бусен, гIемерисеб нухалъ, хадусеб соналъ лъарахIинчIалъ ккола.

«Желудёвые дятли» абурал тайпабаз гIумру гьабула къукъаби ккун. Цогидал руго я жалго жидедаго рукIунел яги кIи-кIиккун гIумру гьабулел. ТIанчIиги кIиялъго цадахъ гIезарула, квенги, щибаб 15-20 минуталдаса минуталде чIезабула тIинчIалъе.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...